Амма квеш ккараб жо бугин нилъер гIадамал ругьунлъун рукIин бокьараб гIиллаялда тIасан гIарз бахъизе, гIарзадул документ гIуцIизе жеги ругьунлъун гьечIин гьелилан абулеб буго Кубасаев Къурбаница. Гьел микьнсугоялдасаги цIикIкIун гIарзаялда гьоркьоса 200 гIанасеб нахъбуссинабизе кканин, 70 гIанасеб жалго гIарз бахъараз нахъе босунги анин.
Гьаб соналда жаниб монополиялда дандечIараб 49 925 884 гъурщиде гIакIа къотIун буго батIи-батIиял идарабазда тIад. БакIарун буго 53 миллион гъуруш гIакIадул. Гьедин федералияб бюжеталъе 39 миллион гъурущ бакIаризе кIванин жидедаян бицана Кубасаевас.
Республикаялъул бюджеталде миллион гIечIеб гIарац бакIарун буго гьез, 902 азарго гъурущ. Амма цо-цо арбитражиял диваназ 35 миллион гъуруш гIан жо тIаса ккезабунин гIакIа къотIарал идарабаздаса.
ХIасил-калам жидецаго гьабулеб хIалтIулъ гIураб чIаголъи букIин журналистазда бихьизабизе хIаракат бахъулеб букIана Кубасаевас, амма гьев рази гьечIоан киналгоязде гIагарун хIукуматалъул хъулухъчагIаздаса ва министерствабаздаса.
Жал кидаго бокьараб идараялъе кумекалъе рачIине хIажатал чагIи ругин, амма щаялиго гIемерисезда гьеб бичIчIулеб гьечIеб лъаларила, яги бичIчIаниги бичIчIичIеб ххвелищ гьез гьабулеб бугебали жинда лъазе кIолеб гьечIилан абуна рази гьечIого Кубасаевас:
Кубасаев Къурбан: «Мисалалъе босилин гьитIинаб бизнесалъул рахъалъ комитет. Гьез тIоритIула гIемерал данделъаби, гургинал столал. Дица гьездаги, гьединго республикаялъул цебесеб ва гьанжесеб нухмалъиялдаги гIемераб абулеб буго ниж -монополиялда данедчIараб хъулухъ - хIукукматалъ ихтиярги кьун тарал чагIи руго монополиялъул къанун хвезабурал чагIазда данде хIалтIизе. Нижедасан кумек щвезе бугин нужее абун.
Дида лъаларо гьезда гьеб бичIчIуларогнищ бугеб, яги гьезие нижергун цадахъ хIалтIи гьабизе бокьунищ гьечIебали. Хьул бугоха жалго бизнесчагIаданиги гьеб бичIчIилеб батилилан. Нижер нуцIа кидаго рагьараб буго».
Гьелдаса хадуб министрас рагIи кьуна журналистазе.
ТIоцебесеб суал хурхараб букIана рекIадухъ гIадамаз кьолеб багьаялда хурхараб.
Гьелда бан рукIаниш нужехъе цояб шагьаралдаса цогидалъуре рекIаралъухъ багьаби рахинариялъул хIакъалъулъ гIарзаян гьикъана журналистаз. РукIанин, хас гьабун гIарза битIун бачIанин Буйнакскиялдаса, гьединго нижеца халагьаби тIобитIулеб бугин Каспийск шагьаралде нахъе бугеб маршруталъул багьаялъулгиян бицана Кубасаевас.
Гьеб мониторингалъул хIасилал жеги рагIалде рахъун гьечIин гIагараб заманалда гьел нижер сайталда кьезе ругилан тIаде жубана гьес.
Хадусел суалал рукIана цо-цо кванил нигIматазул багьа эхеде бахиналда тIасан, мисалалъе ханазухъ. Гьезул хIакъалъулъ хасаб баян хIадурун бугоан Монополиялда дандечIараб идараялъ.
Мисалалъе сентябралъ цо ханил багьа букIун батани 3 гъурущги хадубги, кIиго моцIалда жаниб ноябралде гьеб бахун буго 5 гъурущги хадубалде.
Хоно хиралъун рагIула гIанкIуязе кьолеб кормадул багьаги гьединго бахун букIин.
Гьедин республикаялда гIемерисел гIанкIуязул фермабаз чIезе тун буго жидерго магIишат.
Жидее гьезул хайир гьечIиланги абун. Гьелъ республикаялде ханал рачIунел руго Ставрополь Ростов, Краснодар мухъалдаса. Гьебги рагIула ханазул багьа цIикIкIиналъе бугеб цогиги гIилла.
Пресс-конференциялда гIатIидго борхулеб букIана «Дагъистаналъул Авиалинии» компаниялда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул, мисалалъе гьаваялдасан роржаралъухъ босулеб багьа хиралъиялъул суал.
Кубасаевас абуна гьалдаса роржаралъухъ багьаби хIукуматалъ чIезаруларин, гьел чIезарулин авиакомпаниязул бетIергьабаз. БитIун абуни гьеб букIана цебеги гIемер такрар гьабураб жаваб.
Гьеб тема халат бахъинабулаго «Черновик» газеталда МухIамад МухIамадовас гьикъана министрасда Дагьаб цебегIан тIобитIараб Халкъияб Мажлисалъул сессиялда дуца абунин кин дагъистаналда ракIалда гьечIого аэропланазул цIатариялъул багьа бахине бегьулебали ва гьединго республикаялда ругин гьаваялдасан роржаралъухъ багьаби рахиналъул жидер хасаб мурал бугел чагIи, гьезул цIарал гьанир рехсезе кIолищин дудаян.
Гьелъие гьадинаб жаваб кьуна Кубасаевас.
Кубасаев Къурбан: «Щай дуца гьел цIарал дидасан тIалаб гьарулел ругел? Гьел цIарал церего лъазе къваригIарал чагIазда лъан руго. КъваригIун батани гьабе дурго журналистасулаб цIех рех. МухIканлъи къваригIани тIалаб гьабе гьеб хасал идарабазухъа.
Нахъойги абуниги гьеб буго нижергун тIалъиялъул бухьен щулияб гьечIолъиялъул магIна. ЛъикI буго абила дица гьезул цIарал, гьез дун кьезе вуго диваналде рукIине руго, цIех-рехал, гьебгиха лъикIаб рахъалдасан. Амма хIасил ккезе бегьула талихIкъосараб.
Мухьги кьун ккурав чIвадарухъанас къотIизе бегьула дие хIукму. Цогидазулго гIадин дирги, дир хIалтIухъабазулги руго хъизамал.
Дуда гьеб дида анцIгогIан лъикI лъала, кин ва кинаб куцалъ нилъер аниб чиясулгун къваригIел тIубалебали».
Пресс-конференциялъул ахиралда Кубасаевас абуна нижеца гьабулеб хIалтIул прессаялдаса бахчараб жо жидер букIунарин, гIаксалда инфлорм. алатазул кумек гурони гьездаса зарал жидде гьечIин.
Мисалалъе кванил нигIматал ричIуле базаразда тукабахъ ва бокьараб магIишаталъул идараялда монополиялъул къанун хвезабулеб хIужа нужеда тIатани нижедаги лъазабейин.
Щайгурелъул нижер идараялъул 30 чи гурони гьечIеб хIлтIухъабазул къукъаялухъаги бажарулеб гьечIин кинабго бакIалде берщвезабун.