Ссылки для упрощенного доступа

Нельсон Мандела вукъана гьесул гIагараб Куну росулъ


Жанубияб Африкаялъул республикаялъул вукIарав президент Нельсон Мандела вукъана гьесул гIагараб Куну росулъ. Гьесул коса абулеб халкъалъул гIадатазда рекъон, гьеб вукъулеб бакIалда гьесул гIагаралги аскIосел гьудулзабиги гурони рукIинчIо. Вукъилалде цебе Манделагун къо лъикI гьабуна щуазарго гIанасев чияс, гьездаго гьоркьор африкаялъул улкабазул лидералги, Британиялъул принц Чарльзги, Монакоялъул нуцал Альберт II-ги, Америкалъул, Россиялъул, Британиялъул ва цоги улкабазул вакилзабиги.
Гьев вукъилалде цебе улкаялда 10 къоялъ лъазабун букIана чIегIер баялъул къо ва тlоритlулел рукlана гьев ракIалде щвезабиялъул тадбирал.
Жанубияб Африкаялъул республикаялъул тIоцебесев чIегIерав президент, ракълилаб рахъалъ Нобелил премия щварав Нельсон Мандела хвана 5 декабралда. Гьесие букIана 95 сон.
XS
SM
MD
LG