4 декабралда рокъо-рокъоре рачIун къуваталъул идарабазул вакилзабаз хал-шал гьабулаго Хасавюрталъул Садовое къотIноб бугеб рокъосан низамцIунулезде кьвагьи бахъинабуна.
Гьелъул хIасилалда низамцIунулезе зарал ккечIо. Гьез сверун ккураб рокъоса тIурун рорчIун руго гьенисан кьвагьделел рукIарал, гьезул цояв лъукъун вукIун вуго. Гьеб такъсир гьабиялда щаклъи бугел чагIи ралагьулел рукIин сордоялъилан лъазабулеб буго къуваталъул идарабаз.
Гьезул рагIабазда рекъон нахъисеб къоялъул радал Дагъистаналъул къуваталъул идарабазда гьел Хасавюрт мухъалъул цIияб Костек росдада аскIор ратун руго.
Гьениб кIиябго рахъалда гьоркьоб ккараб тунка-гIусиялъул хIасилалда щуго чи чIван вуго. Низам цIунулезул автомобилалъе зарал гьабун букIин гуреб гьезда жидеего щибго зарал ккун гьечIо.
Къуваталъул идарабаз гьел чIварал чагIи щалали жеги мухIканго чIезабун гьечIо. РакIчIун гьел щалали лъазе хасал тадбирал тIоритIулел ругин цIех-рехчагIазилан бицана Эркенлъи радиоялъе Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Темирбеков Расулица.
Расул Темирбеков: «Гьел чIваразда гьоркьор гIага-шагарго Нуров Рамазан вуго, гьединго Нуров ШагIбанги, МухIамадов ГIалиги вукIине ккола. 25 сон барав Нуров Рамазанги 41 сон барав МухIамадов ГIалиги Хасавюрталъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIи рукIанин абизе бегьула.
Цойги лъабгоял жеги щалали чIезабун гьечIо, гьел щалали лъазаризе хасал тадбирал тIоритIулел руго цIех-рехчагIаз.
ГIага-шагарго гьелги Хасавюрталъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул чагIи рукIанин абизе бегьула. Гьез кинал такъсиразулъ гIахьалъи гьабун букIарабали чIезабизе хIалтIаби гьарулел руго хасал идарабазул хIалтIухъабаз.
Гъоркь моцIида жаниб Дагъистаналда тIоритIарал хасаб операциязул щуаабилеблъун кколеб буго гьеб 5 декабралда Хасавюрталд тIобитIараб гьеб тадбир.
ЖамгIияв хIаракатчи ва юрист Александр ГIалиевас Эркенлъи радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьединал тадбирал Кавказалда жеги гIемер рукIине ругин абураб пикру загьир гьабуна.
Александр ГIалиев: «НизамцIунулеб система хIалтIилеб буго Дагъистаналда. Хасгьабун ГIабдулатIиповасул гьеб хIалтIулъ кинаб гIахьаллъи бугебали абизе кIоларо, амма гьев нухмалъуде вачIиндал хасал тадбирал гIемерлъараблъи хIакъаб жо буго.
ЦIияб цIилицI батIияб хIалалъ лъехьолин аби бугелъул гIурусазул гьелдаго рекъон цIияв нухмалъулесги жиндирго къагIидаялъ билълъинабиларищ хIалтIи.
Дида гIемер цIехола Сочиялда букIинеб бугеб Олимпиадаялда байбихьилелде Кавказалда гIодойбиччай букIиналъе гIолойищила гьаниб къойил хасал тадбирал тIоритIулел ругелин абун.
ЧIван къотIун гьеб суалалъе жаваб кьун бажаруларо. Киназдаго лъалеб жо буго Олимпиадаялде Россиялъул пачалихъалъ кIвар буссинабулеб бугеб куц. Гьеб тIобитIичIого букIиналъе гIурал квалкваллаги гьарулел рукIин лъала, гьединлъидал щиб гьабунги Олимпиада берцинго иналъе гIоло бокьараб иш гьабизе хIадур ругин Россиялъул тIалъийилан ккола дида.
Гьебги сабаялъе ккун Дагъистаналда гIадлу гьабизе къваригIарав ГIабдулатIиповасги гьел хасал тадбирал тIоритIизе разилъи кьун ругеб щибго квалквал гьабулеб гьечIо.
Гьединлъидал Рамазан ГIабдулатIиповас тIобитIулеб бугеб «рацIалъиялъул прогрмма» киса-кибего хIалтIулеб бугин абизе бегьула».
Дагъистаналда бугеб захIматаб ахIвал-хIалалъе нугIлъи гьабула статистикаялъул баяназги. Кавказский узел сайталъул баяназда рекъон 25 ноябралдаса бахъараб 1 декабралде щвезегIан цохIо гьеб анкьида жаниб тунка-гIусиязул хIасилалда 8 чиясе зарал ккун буго Дагъистаналда.
Гьезда гьоркьоса изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъ рукIиналда щаклъи бугеб 5 чи чIван вуго, 2 къуваталъул идарабазул вакил хун вуго ва цояв лъукъун хутIун вуго.