Ссылки для упрощенного доступа

ГIабдулатIиповасул анцIго моцI


Республикаялъе нухмалъи гьабизе вачIаралдаса раб 10 моцIалъ гьабураб хIалтIул хIасил кьуна гьал къоязда Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница. Чанго азарго чиясе хIалтIизе бакI, инвстициязул къадар, хъулухъчагIазул гьоркьохъеб харж цIикIкIинабизе кIванин гьеб заманалда жанибилан бицана Дагъистаналъул бетIерас. Амма ЖамгIиял хIаракатчагIаз дагьаб батIияб къимат кьолеб буго гьесул хIалтIуе.

Гьал къоязда республикаялъул цо-цо журналисталги ракIарун дандчIвай тIобитIана Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница. Федералиял ва дагъистаналъул телеканалазул ругел актуалиял суалазда тIасан тIобитIараб данделъи гьеб букIаниги республикаялъул бетIерас байбихьана дагъистаналъул нухмалъуде вачIаралдаса араб 10 моцIида жаниб жинцаго гьабураб хIалтIул.

ЦIакъ захIматго бугин хIакъикъаталдаги республикаялъул экономика борхизабизе, бугониги ругел хIасилаз разилъи кьолеб бугилан байбихьана ГIабдулатIиповас.

Гьедин 10 моцIида жаниб росдал магIишат цебетIезабизе кIванин 6 проценталъ инвестициязул къадар гьедингIанго къадаралъ хъулхъчагIазул гьоркьохъеб харж цIикIкIинабизе кIванин 25 проценталъ ва жакъа гьеб бугин 16 азарго гъурущ.

ВВП-ялъул къадарги кIванин цIикIкIинабизеян тIадежубалеб буго дагъистаналъул нухмалъулес, мисалалъе араб соналъ гьеб букIун батани 364 миллиард исана гьеб баханин 430 миллирал гъурщиде.

Хасго президентас тIадчIей дагьаб цебегIан хIалтIизе биччараб Каспийскалъул цIер къотIулеб заводалда. Бизнесчи Сулейман Керимовасул хIаракаталдалъун гIумруялде бахъараб проект бугин гьебилан тIадежубана ГIабдулатIиповас хадубги.

18 азарго чиясе хIалтIулеб бакI чIезабунин. ЦIеречIарал гIемерал масъалаби ругин гьел гIумруялде рахъинаризе ругин

Фабрика заводал рагьиги цогидалги гьенир рехсолел ругелщинаб хIужаби аслияллъун кколарин президентасул хIалтIуда жаниб, аслияблъун кколин ришватчиялъиялъ гъанкъулеб бугеб республика хвасар гьаби, такъсирчилъиялъул ва чIвай-хъвеяздаса регион бацIцIад гьаби, гьеб букIанин гьесда цебечIараб бищунго кIудияб масъалаян абуна гьелда тIасан Эркенлъи радиоялъе жамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевас

Набиев ГIисалмухIамад: «Экономика борхизабиги инвестициял цIикIкIинариги гьеб буго инвесторазул хIалтIи. Республикаялъул нухмалъулесда тIадаб жо буго диванхана диванхана гIадин, прокуратура прокуратура гIадин къануналда рекъон хIалтIизе лъугьин.

Амма щаялиго цохIо нилъер гьаниб гуребги цогидал республикабаздаги тIоцебе байбихьула экономикаялъул ва магIишаталъул масъалаби тIураялъул хIасилаздасан. Гьеб гIадатлъун лъугьун буго, амма мекъаб гIадат буго гьеб».

Амма гьелдаго цадахъ ГIабдулатIипов дагъистналъе нухмалъи гьабизе вачIаралдаса ккараб бищунго лъикIаб хIасилги рехсана ГIисалмухIамадица. МахIачхъалаялъул вукIарав нухмалъулев СагIида Амиров вачун ин.

Цогидал гIунгутIаби рехсечIого тани бегьулин гьеб мисалалъ хутIаралщинал гъалатIал рахчулилан рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчияс:

Набиев ГIисалмухIамад: «ГIабдулатIипов вачIинегIанги рукIана республикаялъул нухмалъулел, МухIуги вукIана, МухIамадгIалиги вукIана, амма гьел республикаялъул бутIруллъун рукIинчIо, хважаинлъун вукIана ГIамиров.

Гьев хIалтIудаса вахъизе кIвеялда бащалъуларо щибниги, гьеб буго бищун кIудияб даража Дагъистаналъе.

Щайгурлъул къануналъухъ гIинги тIамичIого,кланазул ва мафиялъул къуватги хIалтIизабун чIарал гIадамазул зулмуги хIехьон чIезе ккей бищун кIудияб талихIкъосин ккола халкъалъе.

Гьеб балагь тIаса босизе кIвеялда щиб бащалъулеб. ЦохIо лъагIелалъ гьабураб хIалтIуда бащалъула гьеб кинабго».

Гьеб данделъиялда журналистаз батIи-батIиял суалал кьуна ГIабдулатIиповасе.
Аслиб куцалда гьел хурхарал рукIана Дагъистан ункъо бутIаялде бикьиялъул, республикаялъул киностудия щай хIалтIулеб гьечIеб президентасул пресс-хъулухъалъ хIалтIи хашго тIубалеб бугин абураб.

Федералиял телеканалазул Дагъистаналда вугев лъабго вакил гурони, республикаялъул эркенаб прессаялдаса цониги журналист ахIун вукIинчIо гьеб данделъиялде президентасул пресс-хъулухъалъ.
XS
SM
MD
LG