Алманиялъул къватIисел ишазул министр Гидо Вестервеллеца рикIкIунеб буго Ираналъул атомияб программаялда сверун цо пикруялде рачIине рес бугин. Амма, ян абулеб буго гьес, «гьелъие жеги гIемераб хIалтIи гьабизе кколин». Гьес гьедин абуна дунялалъул анлъго улкаялъул ва Ираналъул къватIисел ишазда сверун министразул кIалъа-ралъаял арбагI къоялдаса нахъе унел ругеб Женеваялда.
Америкаялъ, Китаялъ, Россиялъул, Франциялъ, Британиялъ ва Алманиялъ Ираналде абулеб буго атомияб программаялда хурхарал цо-цо ишаздаса инкар гьабуни жидеца санкциял тамах гьаризе ругин. Магърибалъул щаклъи буго Ираналъ атомияб ярагъ гьабулеб батиялда. Тегераналъ тIадчIей гьабулеб буго жидер атомияб программаялъул ракълилаб хасият букIиналда.