Ссылки для упрощенного доступа

Ленинкенталъул мажгиталда питна бекьулеб буго


Ахираб заманалда хIалуцун буго Ленинкенталъул мажгиталда сверухъ ахIвал-хIал. Щиб гьелъие гIилла - динищ, миллатчилъийищ, ялъуни лъилалиго провокациялищ? Гьел суалазе жавабал кьуна 20 ноябралда МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялда.

Гьенир рукIана диниялгун жамгIиял хIаракатчагIи. Ленинкенталда буго лъабго мажгит – цо аслияб, гьединго салафиязул ва суфиязул мажгитал. 15 ноябралдаги гьелда цебеги тунка-гIуси ккана салафиязул мажгиталда. Гьенире как базе унгеян гьукъа-къаял гьаризе лъугьана яргъид рорчарал гIадамал. Гьезда цадахъго рукIанин гIурччинаб чалуялъ гъуждул рухьарал чагIиян бицана Ленинкенталъулаз.

Гьез магIарул мацIалда «Кьабе лъарагIазда» янги ахIулеб букIанин гьоркьо-гьоркьоб. Гьединлъидал Ленинкенталда гIумру гьабулел лъарагIаз гьеб хIужа рикIкIунеб буго жидер миллаталде гьабулеб тIадецуйлъун. Цогидазда кколеб буго гьеб бугин салафияздагун суфиязда гьоркьоб бугеб тунка-гIуси.

Амма бусурбабазул официалияб идараялъул гIадамалгун ва пресс-конференциялде рачIарал гIадамалгун кIалъан хадуб гьезул пикру хисана. Киналго рачIана гьеб провокация бугин абураб пикруялде. ЭР-ялъе гьебго пикру загьир гьабуна ГIабас Къебедовасги. Гьев ккола «Дагестан – территория мира и согласия» абураб гIуцIиялъул нухмалъулевги салафияздагун суфиязда гьоркьоб рекъел гьабиялъе квербакъаразул цояв.

ГIабас Къебедов: «Гьаб жо буго провокация. Киналалиго къуватал руго жакъа халкъалда гьоркьоб питна бекьулел. Гьеб жо гьукъизе къваригIун буго, хадубккунги гьеб такрарлъиларедухъ. Москваялдасанищ гьеб гьабулеб бугеб, ялъуни нилъерго гьанисанищали абураб щаклъи буго нижер. Амма ниж мекъи ратизеги бегьула. Гьединлъидал гьел жал лъица хIалел ругелали лъазабизе къваригIун буго жамгIиялгун диниял хIаракатчагIиги, низам цIунулелги, журналисталги цадахъ лъугьун. Цинги къваригIун буго гьел гIадлуялде цIазе».

Ленинкенталъул мажгиталда аскIоб ахIи-хIур багъаризабулел рукIарал яргъид рорчарал гIадамазда цадахъ рукIанин тIарикъаталъулазда релълъарал, гъажазда гIурччинаб чалуги бухьарал гIадамал, гьединлъидал гьел кколин бусурбабазул идараялъ рахъкколел суфиялин абураб пикру бугоан ленинкенталъулазул. Амма нуж мекъи ругин абуна гьезда бусурбабазул идараялъул пресс-секретарь МухIамадрасул ГIумаровас. Диналда сверухъ кколебщинаб жо Дагъистаналда щаялиго бусурбабазул идараялда бухьинабулин абуна ЭР-ялъе гьес.

МухIамадрасул ГIумаров: «Батизеги батила гьениб цо битIараб жо – диниял суалал гьеб идараялъ тIуразе кколин абураб. Амма нилъеда лъазе ккола цо жо – муфтиясги цогидал чагIазги мажгит къаларо. Муфтиги гIалимзабиги руго дин тIибитIизабизе, мажгитал гIемерлъиялъе квербакъулел чагIи. Мажгит къаялдалъун Аллагьасда цебе жаваб кьезе лъиданиги кIвезе гьечIо.

Жакъа гьаб пресс-конференциялда дуда бихьана гурищ кинавго чи нижедаса рази вукIин. Гьеб суал тIубаялъе нижеца гьабураб хIалтIи бихьизабизе къваригIун батани, муфтияс хисана гьенив, Ленинкенталъул мажгиталда, вукIарав имам. Щайин абуни гъос ахIвал-хIал гIодобиччазабичIого. ГIелму бугев чиги вуго, лебалав гIолохъанчиги вуго, къадру бугев чиги вуго, амма гъосда лъалеб букIун гьечIо гьениб щиб лъугьунеб бугебали. Дагъистаналда щиб лъугьунеб бугебали муфтиясда лъалеб гIадин, имамасдаги лъазе ккола росулъ кколе-толеб жо».

Бицен гьабулеб ахIи-хIуралдехун бусурбабазул идараялъул хурхен гьечIолъиялъе нугIлъи гьабулин 18 октябралда вачIинеги вачIун муфтияс гьеб мажгиталда рузман баян гьабураб лъазабиялъгиян тIаде жубана МухIамадрасул ГIумаровас.

МухIамадрасул ГIумаров: «Гьелдаса нахъе моцI иналде цоги къокъаялъ рачIинеги рачIун гьагъаб жо такрар гьабуна. Мажгитги рагьун гьениб жаниб рузман баян муфтияс лъазабуниги».

Пресс-конференциялда гIахьаллъана Ленинкенталда цIи тарав имам Башир Башировги.

Башир Баширов: «Интернеталда тIибитIизабулеб буго 22 ноябралда Ленинкенталдеги ракIарун, салафиязул мажгит къазе кколин абурал лъазабиял. Гьанир гIодор чIарал нужеца, диниялгун жамгIиял хIаракатчагIаз ва журналистаз, щай хIисаб гьабулареб лъие хIажатаб лъазаби ва щив гьелда нахъа вугевали».

Данделъиялда вукIана жамгIияв хIаракатчи МухIамад Шамиловги. Ахираб заманалда динги миллатчилъиги багьанадуй ккун Дагъистаналда питна бекьулеб убкIиналда дандечIун МахIачхъалаялда кIудияб митинг тIобитIизе лъикIаблъун бихьулеб бугоан гьесда.

XS
SM
MD
LG