Радио Эркенаб Европа-Радио Эркенлъиялъул сайтазе гьабулеб букIана хакеразулаб гьужум. DDoS-атакаби абулел гьел гьужумазда бан 14 ноябралдаса нахъе нижер радиостанциялъул мультимедиялъул ва информационниял хъулухъазул хIалтIуе квал-квалал кколел рукIана.
Итни къоялда интернеталъул хIалтIи букIине кколедухъ гIуцIизе бажарана ва гIадатияб куцалда хIалтIизе ресал чIезаруна.
Радиоялъул президент Кевин Клоузица лъазабуна гьеб гьужум гьабуразул хIакъалъулъ баянал ракIарулел ругин.
Радио Эркенаб Европа/Радио Эркенлъиялъ бицуна тlалъиялъ эркенаб пресса гьукъараб яги пресса тlубанго эркенаб гьечlеб 21 улкаялда бугеб ахlвал-хlалалъул 28 батIияб мацIалда. Радиоялъ эфиралде кьола бакlазда гlемерал гlадамазухъе щоларел харбал: цензура гьечlел цlиял харбал, кlвар бугеб бахlсал ва рагьарал дебатал.