Ираналъул ядерияб программаялда сверун тIоритIарал лъабго къоялъулал кIалъа-басаяз хIасилал кьечIо. Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул рахъалдаса тIадегIанай вакил Кэтрин Эштоница абухъе, консультациязул гьанжесеб этапалда мухIканал суалазда хурхун гIураб прогресс буго. Амма пикру дандеккунгутIи хутIулеб буго. Эштоница лъазабухъе кIалъа-басаял халат рахъине руго 20 ноябралда.
Ираналъул къватIисел ишазул министр Джавад Зарифица лъазабуна, кIалъа-басаязул хIасилазде балагьун жиндир ракI хун гьечIин. Гьесул рагIабазда диалог букIана продуктивияб ва гьелъ рес кьезе буго цере ине.
Гьел кIалъа-басаязе позитивияб къимат кьуна гьединго Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрицаги. Гьесул пикруялда, гIагарисеб заманалда рачIине бегьула лъикIаб хIасилалде. Амма гьесго жубана, «дипломатияб къагIидаялда гьеб суал рагIалде бахъинабиялъул гордо кидаго рагьун хутIизе гьечIин.»
ГIага-шагарго гьелдаго релъарал пикраби загьир гьаруна британиялъул къватIисел ишазул министр Вильям Хейгицаги.
Гьелдаго цадахъ ираналъул президент ХIасан РохIаница лъазабуна, Тегераналъул планалда гьечIин ядерияб программаялдаса инкар гьабизеян. «ИСНА» агентлъиялъ лъузабухъе, гьатIан къоялда парламенталда цеве вахъунаго гьес абун буго, гьеб кколин бахине бегьуларен багIараб мухъин. Тегераналъ халат бахъинабизе бугин уран бечелъизабиялъул хIалтIабиян.