Шамат къоялда россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавров ана Женеваялде дора лъабабилеб къоялъ халат рахъунел ираналъул ядерияб программаялда сверун кIалъа-басаязда гIахьллъиялъул мурадгун. Ираналъул ва асар кIудияб анлъго улкаялъул, ай Цолъарал Штатазул, россиялъул, франциялъул, Британиялъул, Китаялъул ва Германиялъул вакилзабаз кIиго къоялда жанир гьаризе кколел рукIана консультацияби. Амма рузман къоялъул маркIачIуда ракIкIана лъазабиял кIалъа-басаязда прогресс букIине бегьулин абураб ва гьелъие гIоло гьел кIалъа-басаял халат рахъинаруна.
Британиялъул къватIисел ишазул министр Уильям Хейгица жакъа Женеваялда журналистазда лъазабуна, кIалъа-басаязда прогресс бихьулеб бугин, амма цогиги гIемер масъалаби хутIулел ругин. Хейгица жубана, гьанжеги ригьго бугин кIалъа-басаязда икъбалал щун ругин абизеян.
КIалъа-басазда хурхун оптимистиял хьулал раккун рукIиналъ рузман къоялда Женеваялде маркIачуда щвана Цолъарал штатазул пачалихзъияв скекретарь Джон Керри. Франциялъул, ва германиялъул къватIисел ишазул министрал Лоран Фабиус ва Гидо Вестервелле.