ТIадегIанаб цIалул идараялде лъугьунелъул хIажалъулеб цогояб пачалихъалъулаб экзаменалъул гIураб бал щвечIел 30 гIанасев чи цIализе восун вугин ГIабдулаевасилан хъвалеб буго прокуратураялъ кьураб баяналда. Гьеб ккола Хасавюрталдаги Дербенталдаги ругел Дагъистаналъул пачалихъалъулаб университеталда цIалулел гIолилал. Амма гьелдаго цадахъ цогояб пачалихъалъулаб экзаменалъул, цIализе лъугьунелъул хIажалъулеб къадаралда къимат щварал гIолилал абуни цIализе росун гьечIин. Гьединго прокуратураялъ тIобитIараб халгьабиялда загьирлъун буго Хасавюрталъул филиалалде юриспруденциялъул махщел шолеб факультеталде 15 азарго гъурущги кьун 93 студент лъун вугин ГIабдулаевас цIализе, амма рехсараб цIалул идараялъе кьураб пачалихъалъулаб лицензиялда рекъон пед университеталъул ихтияр рагIуларо юриспруденциял махщалие студентал цIализаризе.
Гьелъул хIасилалда цIализе лъугьунел абитуриентазе 1 миллионгун бащдаб гъурщил зарал гьабун ректорасилан хъвалеб буго гьеб баяналда Уголовияб кодексалъул 159 статьялда рекъон ( хIилла-макру абураб статья) гьесда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьиялъе документал ритIун руго цIех-рех чагIазухъе. Рехсараб баяналда тIасан дагъистаналъул педагогикияб университеталъул нухмалъиялъухъа нижехъе баянал щвечIо.
Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула исана июнь моцIалда рехсараб цIалул идараялъул мугIалимзабазул цо къукъа дандебахъун букIана заманаялъ ректорасул ишал тIуразарулев ГIабулаевасде.
Ректорасде дандерахъараз абулеб бук1ана гьесул ургъел гьечIеб нухмалъиялъ кватIичIого пашманаб хIасил кьезе бегьулин, Педагогикияб университетги къан гIемерав чи хIалтIи гьечIого хутIизе вугилан. Аслияб дагIба гьел киназулго буго университеталъул цIияв нухмалъулев МухIамад ГIабдулаевасул кIвар гьечIолъиялъул хIасилалда гьеб цIалул идараялъул хIалтIи нахъаса нахъе унеб бугилан. Россиялъул лъай кьеялъул министерлъиялъ араб соналдаго хIадурун букIана улкаялда ругел пайда гьечIел цIалул идарабазул сияхI. Гьеб сияхIалда гьоркьобе унеб букIана Дагъистаналъул Пачалихъияб педагогикияб университетги. Араб соналда гьеб университеталъул цIияв ректорлъун ШагьгIабас Шагьов вачIиндал гьес университеталъул мугIалимзабазул хасаб къукъаги гIуцун тIадкъанин букIанин 2013 -2015 соналде щвезегIан пед.университет цIебетIезабиялъул программа. Гьеб программаялъул тIоцересел хIасилал загьир гьаризе кколаанин исана сентябралдаян. Исана февралалда ШагьгIабас Шагьовасул бакIалда ГIабдулаев МухIамад вачIаралдаса гьеб программа тIубанго чIун хутIанин, цIияв ректорасе абуни гьелъул ургъелцин гьечIин.
Ректор ГIабулаевасде прокруратураялъу гIнитIизарулел гIайибал битIарал ругилан абулеб буго ГIалиев Ширалицаги. Гьев ккола ГIабдулаев ректорлъун вачIиналде гьеб цIалул идараялъул вукIарав проректор «Эркенлъи» радиоялъе гьес бицана ректорлъун вачIаралдаса ГIабулаевас гьенир риччарал цогидалги гъалатIазул.
ГIалиев Ширали: «ГIабдулаев вачIиналде нижер гьаниб административияб нухмалъиялъул букIун батани лъабго бутIа, гьанже гьес гIуцIун буго кинабниги анкьго, гьезул щибалъулъ, хIисаб гьабе вуго лъаб-лъаб чи. Гьезие чIезарун ругел харжал рихьизе бокьилан цо нужеда, цIертIурал магIалимзабазе, профессоразе буго 13-16 азарго гъурущ моцIалъе, гьенир кепкил мукагIалъи гьечIел гьел бутIабазул нухмалъулезе щолеб буго 30 000-40 000 гъуруш гIарац. Педагогикияб университеталда гьадинго кадровиял суалазулъ гьадинго иш лъикI гьечIо, хъулухъалде тIамулел чагIазе гIарац гьадинги гIоларого бугеб мехалъ гьел цIирагьарал нухмалъиялъул бутIабазде тIамизе чагIи рачун рачIана лъиданиги гьикъичIого. Гьезул цоялин абуни ккола цере хIалтIулеб ругеб бакIалдаса нахъе рехун рукIарал чагIи. университеталъул магIишаталъулал суалазул рахъалъ бутIаялъул нухмалъулевлъун ГIабулаевас тIамуна жиндирго вац. Цониги гIелмияб цIар, щибниги гIелмияб даража гьечIев гьев чIиясе чIезабун буго 50 000 гъурушалъул харж, гьелде тIадеги университеталъул хIажатал тIураялъе ижараялъе босун гьевго вацасул автомобиль, ижарялъухъ моцIалъе кьолеб буго 56 азарго гъурущ гIарац. Пакъирал студентал абуни батIи-батIиял шагьаразде цIалул олимпиадаялде уна жидерго кисиниса гIарацги кьун. Гьебжо рогьо буго жакъа…».
Нижехъе щварал баяназда рекъон гьабсагIат Педагогикияб университететалъул ректорасул хъулухъалде кандидатлъун вихьизавун вуго 13 чи. РукIинесел ректорасул рищиязе гIололъун ургъунго гьабулеб политкияб галилъун кколищ ГIабулаевасда сверухъ прокуратураялъ гьабулеб ишали мухIканго лъалеб гьечIо жеги.