Индиялъ Марсалъухъе биччана жиндирго тIоцебесеб космикияб аппарат. Гьединаб къагIидаялда гьеб ккола мадугьалихъаб планетаялъул хал гьабизе хIалбихьулеб азиялъул тIоцебесеб улка.
Космикияб зонд биччан буго Шрихарикота абураб космодромалдаса. «Mangalyaan», ай, хинди мацIалдаса «Марсалъул гама» абун цIар кьураб аппараталъ нахъ тезе кколеб буго 780 миллион километр. Гьелъие гIага-шагарго къваригIине буго 300 къо. Марсалде гьеб щвезе кколеб буго 20I4 соналъул сентябралда.
ЦIех-рехалъул программаялда буго марсалъул атмосфераялъул анализ гьабиги. Марсалде индиялъул экспедициялъул багьа кколеб рагIула 80 миллион доллар.