Ссылки для упрощенного доступа

Мурсида тIад байбихьана диваналъул процесс


Демократияб къагIидаялда тIоцеве вищарав мисралъул президент МохIамед Мурсида ва гьесдаго цадахъ «Бусурбаби-вацал» абураб багъа-башариялъул 14 чиясда тIад байбихьана диваналъул процесс. Амма гьез ахIиял гьаризе байбихьун хадуб диваналъул данделъи бахъана хадусеб соналъул 8 январалде.

Мурсиде ва гьесул партнеразде гIайиб гIунтIизабулеб буго зулмуялде гIадамал гьесизариялъул. . Гьелъие гIоло 2012 соналъул декабралда гIемер халкъ гIахьаллъарал манифестациязда полициялъулгун ккарал тунка-гIусиязул хIасилалда хвана анцIго гIанав чи. Диваналда цере чIезарурал гIайибиял рукIин чIезабуни, гьезие бихьизабизе бегьула тIолабго гIумруялъул туснахъ яги чIваялъул тамихI.

Мурсил рахъ кколез лъазабулеб буго, гьесде гIунIтизабулеб гIайиб мекъаб бугин ва гIадамал ахIулел руго манифестациязде.

Президентасул хъулухъалде Мурси вищун вукIана 2012 соналъул июналда. 2013 соналъул июлалда исламистазул асар улкаялда цIикIкIунеб букIин ракIалъе гIечIел гIадамаз тIоритIарал протестазда хадуб, мисралъул рагъулаз Мурси махIрум гьавуна президентасул хъулухъалдаса.
XS
SM
MD
LG