Ссылки для упрощенного доступа

Россиялъул нухмалъи ахIулеб буго гIатIидаб амнистия лъазабиялде


Москваялъул Хельсинкиялъул группаялъул бетIер Людмила Алексеевалъ россиялъул гражданазде хитIаб гьабун гьарана инсанасул ихтиярал цIунулез хIадур гьабураб гIатIидаб амнистия лъазабиялъул проекталъул рахъ кквей.

Жакъаялда президент Владимир Путинихъе кьун буго проекталъул кIиго вариант. Гьезда бихьизабун буго зулму гьабиялде хурхен гьечIел ва политикияб кьучIалда гIайиб гIунтIизабун жанир ругел туснахъазе амнистия лъазаби. Гьезул сияхIалда гъорлъ руго Михаил Ходорковский ва Платон Лебедев, Pussy Riot рок-группаялъул кочIохъаби Мария Алехина ва Надежда Толоконникова, Болотнаялъул туснахъал, «Гринписалъул» активистал, Михаил Савва, Илья Фарбер ва цогидал.

Алексеевалъул ракI чIараб гьечIо президент Путиница гьезул цебелъеялъухъ гIенеккизе вукIиналда. Гьелъул хьулал гьединго гьечIо Пачалихъияб Думаялъул депутатаздеги, гьелъул рагIабазда, пачалихъалъул бетIерасе къваригIарал гурони къанунал къабул гьабуларел.

Алексеевалъ рехсараб проблемаялъул кIвар бугел гIадамал ахIулел руго Пачалихъияб Думаялъул депутатазде гьабураб хIитIабалда гъоркь гъулбасал лъеялде.
XS
SM
MD
LG