Ссылки для упрощенного доступа

Медакадемиялъул ректор хъулухъалдаса гIодов чIезавуна


ГIабдурахIман ГIусманов, Дагъистаналъул Медакадемиялъул ректор
ГIабдурахIман ГIусманов, Дагъистаналъул Медакадемиялъул ректор

Дагъистаналъул медицинаялъул академиялъул ректор хъулухъалдаса гIодов чIезавуна бащдаб лъагIалица.

Гьеб заманалда жаниб цIех-рехчагIаз чIезабизе буго медакадемиялъ дипломал кьеялъе гьев гIайибияв вугищ, гьечIищали.

ЦIех-рехчагIаз рикIкIунеб буго гьеб академиялда цебе рагьараб медицинаялъул колледж лъугIарал студентазе кьолел рукIун ругин акушерлъиялъулги, стоматологиялъулги, цогидал махщелазулги дипломал.

Пачалихъияб аккредитациялъул хIакъалъулъ медакадемиялъе кьураб документалда рекъон, гьединал дипломал кьезе академиялъул изну гьечIин рикIкIунеб буго низам цIунулез.

Ахираб заманалда низам цIунулез, хас гьабун абуни, хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул хIалтIухъабаз медакадемиялда чIухь бан, гIезегIан хал гьабиял тIоритIана.

Бицен букIана гьезда рагIун бугин гьенир тохтурзабазул дипломал ришваталги кьун росулел ругилан. Гьез чIухь балаго бахъараб видеоги буго интернеталда. Медакадемиялда батанилан кьвагьулеб алаталда релълъараб жоги буго бихьизабулеб буго гьениб хасал хъулухъазул чияс.

Гьелдаса хадуб ректорас сейфалъуса бахъун бачIунеб буго квералъ гьабураб хъвай-хъвагIайги бугеб кагъат. ГIурусалдаса буссинабуни, гьелъул магIна гьадинаб буго: «Мун цIакъ бетIералде вахун буго, гIодовиччай» абун.

Гъоркь хъван буго СагIид Амиров. Гьев ккола МахIачхъалаялъул мэр. Унголъунги гьесул квералъ хъвараб кагъатищ гьеб, гуребищали чIванкъотIун абизе кIоларо.

Амма хасал хъулухъал жиндихъе рачIун хадув медакадемиялъул ректор ГIабдурахIман ГIусманов щун вуго республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасухъе.

Ректорас гьесда гьеб ракIалде щвезабуна исана 8 сентябралда, республикаялъул бетIер вищулеб къоялъ букIараб парламенталъул сессиялда.

Нилъер кIиясулго дандчIвай ккун хадубги толев гьечIин низам цIунулез живилан абуна сессиялда ректор ГIусмановас.

Туснахъалъув лъелин хIинкъаби кьолел ругин, гьединлъидал жив цIунун мун кIалъаларевищ гьездаян гьикъана ректорас. Рамазан ГIабдулатIиповас жаваб кьуна ректор хIисабалда дудехун щибгIаги тIадкIалъай гьечIин жиндир.

Гьел цоял суалал низам цIунулезгун цадахъ тIуразе кколин дуца. Гурони жив гьоркьов лъугьани, къануналъул сан гьабунгутIи кколила гьеб.

«Дица кутакалда кIвар кьун цIалана РФялъул субъекталъул бетIерасул статусалъул хIакъалъулъ бахъараб къанун. Гьениб кибниги хъван гьечIо гьесул ярагъ букIине кколин, ялъуни гьес лъидениги тIадецуй гьабизе кколин абун.

Гьединлъидал дир щибниги дандечIей гьечIо (ГIабдурахIман ГIусманов – авт.) хадусеб болжалалдаги мун ректорлъун вукIиналда. Амма гьел дуца цере лъолел суалал руго дуцагун низам цIунулез, нужецаго, тIуразе кколел суалал», - ан жаваб кьуна Рамазан ГIабдулатIиповас.

Бицен гьабулеб ахIвал-хIалалда гьоркьоб политика букIине рес бугищан гьикъидал, гьадин жаваб кьуна ЭР-ялъе ректор ГIабдурахIман ГIусмановас.

ГIабдурахIман ГIусманов: «Политика букIине рес буго гьениб… Гъоба буго хIаталдаса ун ихтиярал хвезариялъул масъала».

ЭР: «Гьедин батани, гьел духъе рачIарал хIалтIухъабазул кIудиясухъе кагъатги хъван суал роцIцIинабизе бегьулеб букIинчIебищ?»

ГIабдурахIман ГIусманов: «Гъосие бокьун гьечIо дунгун дандчIвазе. Дун вуго академиялъул ректор, Халкъияб Мажлисалъул депутат. Гъос гъоб бугъулеб буго жиндаго хадусев чиясде (заместителасде). Гьесдаги щибго жо гьабизе кIолеб гьечIо».

ЭР: «Нижеда рагIун букIана дур бакIалде чи хIадурулев вугин. Гьесие хъулухъ къваригIун гьабулеб жойищ гьебали…»

ГIабдурахIман ГIусманов: «ЧIванкъотIараб хIужа гьечIониги, дидаги гьедин рагIанаха».

Жинда сверухъ гьеб кинабго ахIи-хIур бахъанин жинца хасал хъулухъазул чи хIалтIудаса нахъе вахъун хадувинги тIаде жубана ректорас.

ГIабдурахIман ГIусманов: «КъваригIел гьечIел жал гьарулев ватун дица хъулухъалдаса вахъун вукIана цо чи. Гьев ватана хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъе хIисаб кьолев чи.

Гьединлъидал гьеб бецIулеб буго доз дида. Гьединаб хъулухъалъул вакил хIалтIудаса эркен гьави кIудияб жо гьечIищха? Жакъа дица нахъе рехун, метер цогидазги рехизе бегьулелъул гьезул хIалтIухъаби. Гьез щибаб идараялда тун ругелъул жидерго вакилзаби. Гьедин дагь-дагьккун пачалихъги полициялъул пачалихъалде буссунеб буго».

Амма хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул хIалтIухъабаз ЭР-ялъе бицана жидехъ гIезегIан ругин гьеб цIалул идараялда ришватчилъиги цогидалги гIунгутIаби рукIиналъул бицунел баянал.

Гьанже медицинаялъул колледж лъугIарал студентазе дипломал кьунин цIех-рехчагIаз гьесде гIунтIизабулеб гIайибалдаги рази гьечIо ректор ГIабдурахIман ГIусмановасда. Гьелда дагIба бан тIадехун гIарза хъвазе ракIалда буго гьесда.
XS
SM
MD
LG