Ссылки для упрощенного доступа

СШАялъул ва Афгъанистаналъул калъа-басаял рагIалде рахъана


2014 соналъул ахиралде Магърибалъул коалициялъул къуватал Афгъанистаналдаса нахъе рачун хадуб улкаялъул букIинеселда сверун Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Киррида ва Афгъанистаналъул президент ХIамид Карзайида гьоркьор кIалъа-басаял рагIалде щвана.

Журналистазда цеве вахъунаго, шамат къоялда Карзайица лъазабуна, цIияб къотIи-къай гьабизехъин бугин. Амма цо суал - къватIисел улкабазул рагъулазул Афгъанистаналда иммунитеталда хурхараб суал - рагIалде бахъинабичIого хутIулеб бугин.

XS
SM
MD
LG