Ссылки для упрощенного доступа

Швециялъул консуллъиялда цебе кьвагьизабуна автомобиль


Ливиялъул Бенгази шагьралда Швециялъул консуллъиялда цебе кьвагьизабуна автомобиль. Нухмалъиялъул лъазабиялда рекъон, лъиениги зарал ккун гьечΙо, амма кΙудияб зарал ккун буго консуллъиялъул минаялъе ва гьелда аскΙор ругел цогидаб объектазе.

Кьвагьиялъул жавабчилъи гьанжеги лъицаниги тΙаде босун гьечΙо.

Чанго къоялъ цебе Цолъарал Штатазул спецназалъ ливиялъул тахшагьаралда тΙобитΙана «Аль Каидаялъул» хΙаракатчи Абу Анас аль-Либи кквеялъул хасаб операция. Гьесда щаклъи буго Танзаниялдаги Кениялдаги америкаялъул дипломатиял вакиллъиязда кьвагьиял гьариялъул.
XS
SM
MD
LG