Июлалда Мисралъул президентлъиялдаса нахъе рехарав МохΙамад Мурсида тΙад диваналъул процесс байбихьизе буго 4 ноябралда. Гьесде гΙайиб гΙунтΙизабулеб буго чΙвая-хъвей багъаризабиялъул. Гьединабго гΙайиб гΙунтΙизабизе буго гьесул «Бусурбаби-вацал» абураб исламистазул гΙуцΙиялъул 14 гΙахьалчиясдеги.