Ссылки для упрощенного доступа

Асадица Туркиялда лъазабуна жинде данде ругезул рахъ ккуралъухъ жаваб кьезе ккезе бугин


Шамалъул президент Башар Асадица Туркиялда лъазабуна жидер рагъулаб оппозициялъул рахъ ккуралъухъ гьез жаваб кьезе бугин. Туркиялъул «Халкъ» абулеб телеканалалъе кьураб интервьюялда рузман къоялда гьес абуна гьел «террористаз гIагараб заманаялда Туркиялдаги кьаби щвезабизе» рес бугин.
Шамалъул хIукуматалъ террористалин абула улкаялъул нухмалъиялде данде къеркьолеб яргъидгIуцIараб оппозициялда.
Шамалъул президентас абуна жидеде данде рагъулез Дамаскалда кьаби щвезабизе Туркиялъул территориялдаса пайда босулеб бугин. Гьес Анкараялда гьабулеб букIана «Аль-КъагIидаялъулгун» бухьен бугел радикалиял къукъабазул рахъ кквеялъул гIайибги. Туркиялъ гьел гIайибал нахъ чIвалел руго. Туркиялъ рикIкIунеб буго хим-ярагъ хIалтIизабун букIине рес бугеб Шамалъул режималъул жидее кIудияб хIинкъи бугин. КIиябго улкаялда гьоркьоб гIаммаб гIурхъи бащалъулеб буго 900 километралда.
XS
SM
MD
LG