Хамиз къоялъул къаси ХъахIаб Рукъалъ лъазабуна президент Барак Обамаца нахъе бахъанин Индонезиялде ва Брунеялде гьабизе букIараб сапарин. Гьенив гьев гIахьаллъизе кколаан Азиялъулгун-Парахатаб океаналъул улкабазул экономикияб рекъонхIалтIиялъул ай АПЭКалъул форумалда. Гьев гьениве ине кколев вукIана шамат къоялда.
ХъахIаб Рукъалъул лъазабиялда гьеб хIукмуялъул жавабчилъи лъолеб буго пачалихъиял идараби къаялде иш ккезабурал республиканияб партиялъул депутатазда. Гьедин лъазабулеб буго Эркенлъи Радиоялъул Нью-Йоркалда вугев мухбирас. АрбагI къоялда президентасул администрациялъ лъазабун букIана гьелго гIиллабазда бан Обама Малайзиялде ва Филиппиназде инчIин. Гьеб сапарги букIана президентасул халкъаздагьоркьосеб турнеялъул бутIалъун.