Гьенир гьарулел гIемерисел кIалъаял рукIана гIелмияб магIнаялъул ва чIамучIал. Гьоркьо-гьоркьоб махсараби гьарун президентас дагьа-макъабго чIаголъизабулеб букIанин гьеб данделъиян рикIкIунеб бугоан цо-цояз.
Бицен гьабулеб конференция тIобитIиялъе гIиллалъун ккана 1813 соналда Гюлистан абулеб бакIалда Россиялдагун Ираналда гьоркьоб ккараб къотIи-къай. Гьеб кIиябго пачалихъалъ цебехун гьабулеб букIараб рагъги къотIине тун, хIукму гьабула хадубккун Иран Дагъистаналда хъвачIого букIине.
Гьедин дагь-дагьккун Дагъистан Россиялде гъорлъе бачуна. Гьеб къотIи-къаялъул хIасилалда Россиялъе ихтияр щвана Каспий ралъдалъ жиндирго рагъулаб флот чIезабизе, гьединго Россиялъулгун Ираналъул базаргаби щибго квалквал гьечIого цоцахъе даран-базаралъ хьвадизе.
Дагъистаналдаса тарихчи Тимур Айтберовас абулеб буго цо-цоязе рекIее гIечIого букIинеги бегьулила, амма халкъазда гьоркьосел хъвай-хъвагIаязда рекъон, цебе Дагъистан Терек гIурухъе щвезегIан Ираналда гъорлъ букIанила.
Цо заманалда гIурус император Петр ТIоцевесес кагъат битIун буго Ираналде, Дагъистаналдаса инкар гьабеян. Гьабун гьечIо. Цинги гIурус императорасда данде вахъун вуго бащдаб дунял асир гьабурав Надиршагь.
Гьесда данде чIезе захIмалъизехъин букIин бихьигун, гIурусал Терек гIурудасан сангарги къан чIун рукIун руго.
Амма цо заманалдасан Надиршагьги чIван, Иран загIиплъизе лъугьун буго. Гьединлъидал Турциялъги квербалин хIинкъун, гIурусаз хъата-масан Дагъистан бахъун буго Ираналъухъа, гьединго бахъун буго гьанжесеб Азербайжанги.
24 сентябралда МахIачхъалаялда тIобитIулеб гIелмияб конференциялда президент рамазан ГIабдулатIиповас абуна Дагъистан Россиялда гъорлъе лъугьин цIакъ нахъегIенеккун гьабураб хIукму букIанин.
Амма гьеб данделъиялда кIалъарав тарихчи Айтберов Тимурица ЭР-ялъе бицунеб буго Дагъистаналда гIезегIан ханзабазе бокьун букIинчIин доб мехалда Ираналдаса ратIа тIун Россиялда гъорлъе ине.
Тимур Айтберов: «Нилъеда эб гьикъулебищ букIараб? Гьанже батIаго халкъалда гьикъунищ Россиялъ лезгиязул ракьалги Самуралъул гIорги Азербайжаналъухъе кьурал? Гьединлъидал хIукуматаз жидедаго гьоркьоб къотIула гьеб. Гьеб цо. КIиабизе, рукIанищ Дагъистаналда Ираналъул рахъ ккурал чагIи, рукIинчIелищ?
Дир кIалъай букIана Ираналъул рахъалда рагъулел рукIарал дагъистаниязул хIакъалъулъ. Ханзабаздаги жамагIатаздаги гьоркьор цIакъ гIемерал чагIи рукIун руго гьезул рахъалда ругел. Гьес ГIабас-Мирзахъе хъварал кагъталги руго. Гьев вукIун вуго шагьасул вас – бодул цевехъан. Гьел хъван руго, масала, Гъумекиса Сурхайица, гьев вукIана гIасиго гIурусазда данде халкъ багъаризабулев. Дербенталдаса ШихгIалиян даргияв вукIана.
Хунзахъа СултанахIмадин вукIана Бахул рос, гьевги вукIана дандечIун. РукIана гьединго дандечIун гьид, серхIал, кубачиял. ПалхIасил, Сурхай-ханас Ираналъул шагьасухъе битIараб (дихъе щвараб) кагътидасан бичIчIулеб буго Таргъуялъул шамхал гурони, гIурусазухъе рахъкквезе чи вукIинчIо Дагъистаналда».
Тарихчияс рикIкIунеб буго доб мехалда цо-цо ханзаби данде чIун рукIаниги, масала, магIарулазе гIезегIан лъикI кканин Ираналдаса ратIалъи. Щайин абуни дозие бокьун букIанин Дагъистаналда ругел киналго халкъазде тюрказул асар гьабизе.
Гьединго цадахъ ругебгIан заманаялъ Ираналъ кинабгIаги хIалтIи гьабичIила Дагъистаналъул маданият, мацI цебетIезабизе, гIурусаз – гьабунила.
Тимур Айтберов: «Гъоб мехалда имам Шамилида цадахъ рагъизе нилъ рахъун рукIинчIелани, гIурусазги хIачIого тезе, лагъзал гьаризе бегьулаан нилъер. Ихтиярал хвезарун, нилъ къакъазе байбихьидал, цогидазда гIадин кIалъазе бегьунгутIи бичIчIизабуна нилъеца гIурусазда.
Узухъа, Дагъистаналъул гIадамазул 80 проценталъе бокьун букIинчIо Россиялда гъорлъе ине, щиб гIиллаялиги лъаларо. Амма гьеб хIукму нилъе лъикIалъейищ, квешалъейищ ккарабин абунани, лъикIалъе ккана – нилъер миллат цIуниялъе, мацI цебетIеялъе санагIалъи ккана».
Дагъистан Россиялда гъорлъе ун 200 сон тIубаялда бан кватIичIого республикаялда тIоритIизе руго батIи-батIиял тадбирал.