Дагъистаналъул хIукуматалда иргадулал кадровиял хиса-басиял гьаруна анкьил байбихьудаго. Республикаялъул вице-премьерасул хъулухъалде тIамуна МахIачев ХIажи.
Гьелде щвезегIан гьев вукIана Москваялда Дагъистаналъул вакил хисулевлъун. Гьелдаги цеве исана январалъул 28 къоялъ анцIила ичIабилеб марталде щвезегIан гьев вукIана Гъизилюрт мухъалъул нухмалъулевлъун.
Гьедин марталъул кIиабилеб къоялъ Гъизилюрт мухъалъул жамагIат митингалде бахъун букIана МахIачев гьеб хъулухъалдаса нахъе ин тIалаб гьабун. Марталъул 19 абилеб къоялъ ГIабдулатIиповас гьезул гьари къабул гьабураб гIадин нахъе витIана гьеб хъулухъалдаса МахIачев.
Итни къоялъ гьев хIукуматалъул хъулухъалде тIамун вугилан лъарабго кIудияб ахIи-хIур багъарана социалиял сетазда.
Facebook сайталда жамгIияб интеллигенциялдаса байбихьун, журналистазул кIудияб къадаралде гIунтIун киналго рагъарана ГIабдулатIиповас гьабураб жоялъул магIна бичIчIуларого.
Гьаб нухалъ тIубан хвезе беганин гьаб, ГIабдулатIиповас мехталилъ гьабураб хIукмуйищин гьаб кколеб, сунде ургъулевин гьев вукIарав МахIачев гьединаб жавабияб хъулухъалде тIамулеб мехалъ, гьанже кинабго рекъезе Лефортоваялдаса вачун Амировги тезе кколин гьеб хъулухъалда гьеб мехалъ цоцаца чIвангIаги хвелин гьел кIиялоян бугин хьул - гьеле Facebook-алда МахIачев вице-премьерасул хъулухъалде тIамун вугилан рагIидал гIадамаз тарал комментариял.
Амма гьел руго гьезул анцIил бутIа гьабун цо бутIа гIадал пикраби. БатIи-батIиял публикацияби руго МахIачевасул цере рукIарал хъулухъазул ва гьесие хIукуматалъул рахъалдаса щварал шапакъатазул хIакъалъулъ гьенир тIиритIун.
Гьел комментариязда гьоркьор МахIачев гьеб хъулухъалде вачIиналъул рахъкколелги руго. Щайин МахIачев нужеца гьеб хIалалъ какулев, щиб сабаблъунин нужее гьев вокьуларев илан чIванкъотIун суал лъолеб буго цояс гьениб, гьесул нахъекъай гьечIеб гIамалалъухъинищ унго-унгояв магIарул бихьинчи вукIиналъищин.
Цогияс тIаде жубалеб буго нуж гIедегIугейин къимат кьезе ГIабдулатIиповас гьенив тIамиялъулъги цо магIна батулин сабру гьабейилан. Гьединал руго гIадамазул пикраби МахIачевасул цIияб хъулухъалда тIасан.
«Черновик» газеталдаса МухIамад МухIамадовасул гьадинаб пикру буго гьелда тIасан:
МухIамад МухIамадов «ГIабдулатIиповас МахIачев гьеб хъулухъалде тIамиялда тIасан гьадинаб хIасил гьабизе бегьула дида бичIчIулеб бакIалдаса гIебеде Рамазаница хIаракат бахъулеб буго республикаялда ругел батIи-батIиял политикиял шураязул къукъабазул ва кланазул киналгогун цадахъ рекъон хIалтIизе, щайгурелъул цояб политикияб къукъаялде цIайи гьабун цогидал нахъегIан цуни кIудияб хIинкъи гьел цо-цояз ГIабдулатIипов рехизе вукIиналда.
Гьединлъидал гьес хIаракат бахъулеб буго магIарулазул церехъабазулгун рагIи билълъун хIалтIи гьабизе.
Мисалалъе ГIабдулатIиповас абуна жиндир киналгIаги тIадкIалъай гьечIин пенсиялъул хъулухъалъул нухмалъулев МуртазагIлиев Сагидидехун гьелъул магIна щиб кколеб, магIна буго ГIабулатIиповас Сагидилгун ва гьев гIадав цогиязулгун гьоркьоблъи я тIаде, я гъоркье гуреб гьоркьоб къагIидаялъ бухьинабулеб букIин, гьединабго къагIида хIалтIизабулеб буго гьес цогиялгунги.
Политикияб рахъалъ балагьани кигIан битIараб хIукму гьеб бугебали абизе кIвеларо, амма гIакълу бугеб хIукму гьеб гьечIиланги абизе кIвеларо. Узухъда халкъалъул рахъалдаса бадирчIваялги тIасан кIалъаялги рукIина, амма ГIабдулатIиповасда хадуб гьесул пикруцояздаса гIуцIараб лъикIаб команда гьечIолъиги хIисабалде босун Рамазаница гьеб хIукму гьабиялда гIайиб чIвазеги захIмалъулеб буго».
Итни къоялъ гьединго транспораталъул рахъалъ министрасул хъулухъалде тIамуна ХIажимурадов Шируханги.
Гьеб хъулухъалда тIасан киналниги тIадкIалъаял рукIинчIин абизе бегьула гIадамазул. 1998 соналъ МахIачхъалаялъул нухмалъулесул хъулухъалде рищиял тIоритIулеб мехалъ магIарулазул цIикIкIарасеб къадар Шируханида хадуб букIана, амма доб мехалъ республикаялъул гIоркь кодор ккуразул макрабаз гьеб хъулухъалде виччачIо гьев.