Гьев рикIкIунаан белехьдерил къокъаялдаса вакиллъун. 1966 соналда гьавурав Расул МухIамадов федералияб цIех-рехалда вукIана. Гьесда тIад буго чи викъиялъул, изну гьечIого ярагъ бича-хисиялъул, гьединго низам цIунулезул хIалтIухъан чIвазе къасд гьабиялъул гIайибал.
Балахьунисанги Майданскоеялдасанги щварал баяназда рекъон, Расул МухIамадов кверде вачIана 20 сентябралда. ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хIалтIухъабазулги гьесулги дандчIвай гьабун буго росдал администрациялъул минаялда.
Гьез гьесухъа ярагъги нахъе босун буго, гьединго росу тун къватIиве инарин абураб кагътида гъоркь гъулбасги лъезабун буго.
Цо-цо баяназда рекъон, белехьдерил къокъаялда вукIаго рохьилазулгун дандеккунгутIи лъугьун буго Расул МухIамадовасул. Масала, интернеталда буго шаригIаталъул къадияс гьесие хIукму къотIулеб цо видеоролик.
Гьоркьоб лъун буго ярагъалда хурхараб суал – кинабалиго ярагъ дуца дуего тун бугин къадияс абулеб, гурин гьеб жиндир бугин Расул МухIамадовас жаваб кьолеб видео.
Гьединго бицен буго белехьдерил къокъаялъулгун МухIамадовасул гьоркьоблъи хун бугин Унсоколо мухъалъул магъалабазул инспекциялъул нухмалъулев НурмухIамадов ГIисал вац СагIадула викъун хадув. Гьев чи вухулеб мехалда, гьелда тIад рекъон гьечIила Расул МухIамадов. Цинги рохьилаздаги гьесдаги гьоркьоб дагIба ккун бугила.
Низам цIунулезухъе Расул МухIамадов кверде вачIунеб дандчIваялда жив вукIинчIин бицана ЭР-ялъе Балахьуни росдал бегавул хисулев ХIажимухIамад НурмухIамадовас.
ХIажимухIамад НурмухIамадов: «Дун гьенив вукIинчIо. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ дида гъоба къватIисан бицунеб рагIана, кверде вачIун вугин гьев, ахIараб мехалда МахIачхъалаялде вачIине вукIине. Гьев кутакаб куцалда вагьабизм тIибитIизабулев чи вугин хъвалеб бугоан интернеталдаги, цогидалъубги. Амма гьечIо гьев гьединав чи.
Гьев кутакалда жамгIияб хIалтIулъ гIахьаллъулев чи вукIана. Заманалдасан гIадамал хисулеб гIадат гьечIищха… Нижеца гьесда цебеги чанги гьарун букIана тейин гьеб рахъ жибго. Гьедин гьанже гьелъул хIисаб гьабун батилаха гъос».
Унсоколо Расул МухIамадов кверде вачIун нахъисеб къоялъ МахIачхъалаялда чIвана Каспийскалъул къокъаялъул цевехъан Заур ШейхахIмадов. ЦIумадисезулин абулеб базаралда ккун буго гьесдаги низам цIунулездаги гьоркьоб кьвагьдей.
Низам цIунулез абулеб буго таманчаги къватIибе бахъун гьев жидеде кьвагьдезе лъугьанин, гьеб мехалда жидецаги речIчIанин. Исана 25 маялда МахIачхъалаялда Ленинил майданалда аскIоб гьабураб теракт Заур ШейхахIмадовасул пиша букIиналда щаклъи буго низам цIунулезул.