Итни къоялда Новгород областалда рагьана «Валдай» абураб халкъазда гьоркьосеб дискуссиялъулаб анцΙабилеб данделъи. Ункъго къоялда жаниб гьелъул гΙахьалчагΙаз гьоркьоб лъезе руго батΙи-батΙиял политикиялгун социалиял проблемаби.
БатΙа чΙун гьоркьоб лъезе буго Сириялда бугеб ахΙвал-хΙалалъул суал. Форумалда гΙахьаллъулев вуго 200-ялдаса цΙикΙкΙун эксперт, гьезда гъорлъан Ι25 къватΙисел пачалихъаздаса. Гьезда гъорлъ руго гьединго франциялъул ва польшаялъул рукΙарал премьер-министрал Франсуа Фийон ва Лешек Миллер, Еврокомиссиялъул вукΙарав бетΙер Романо Проди.
Клубалъул хΙалтΙуда исана гΙахьаллъулел руго россиялъул оппозициялъул вакильзабиги – Геннадий Гудков, Илья Пономарев, Владимир Рыжков. Гьений цее яхъине йиго гьединго Ксения Собчак. Алексей Навальный форумалде ахΙун гьечΙо. Программаялда рекъон, тадбиралъул гΙахьалчагΙазда цере рахъине руго россиялъул президент Владимир Путинги, къватΙисел ишазул министр Сергей Лавровги.