Дагъистан Цолъиялъул Къоялъул байрамалда гIахьаллъи гьабизе МахIачхъалаялде рачIун руго республикаялъул щибаб мухъалъул вакилзаби. Гьез жидер-жидер миллаталъул гIадаталги, квен-тIехгун, ретIел-хьитги, рукIа-рахъинги рихьизарулел майданалги тIиритIун руго тахшагьаралда. Цолъиялъул къоялда хурхун тIоритIулел гIемерисел рохалила тадбирал унел руго гьебго къоялъ, къачIан бахъун цIидасан рагьулеб, «Труд» спорталлъул майданалда. Гьенирго унел руго миллиял спорталъул тайпабазул къецал, кьурди хъат, кечI-бахъан. I6 сентябралда Цолъиялъул къоялъул хIурматалда «Вацлъи» жамгIияб гIуцIиялъ Гъуниб мухалъул ХицIиб абураб бакIалда тIобитIизе буго Сиязда цIаял ракиялъул байрамги. Цебе заманалъ тIаде тушман кIанцIун вукIиналъул хабар гьединал цIаяздасан лъазабулеб букIун бугин сверухълъиялда, гьедин цоцазе кумекалъе гIадамалги рачIунел рукIун ругин, гьелъ жидеца цолъиялъул символлъун бищанин гьеб цIайилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Вацлъиялъулаз».