Живго чIвалес Афгъанистаналъул жанубияб рахъалда автомашина кьвагьизабидал хун вуго лъабго чи ва жеги анлъгояв лъукъун вуго. БакIалъул нухмалъиялъул баяназда рекъон, кьвагьи гьабун буго Кандагаралъул аэропорталде унеб нухда. Гьеб провинциялъул нухмалъиялдаса вакилас лъазабуна гьеб кьвагьиялъул мурад букIун батизе бугин, гьеб бакIалдаса километралъул рикIкIалъуда букIараб, НАТОялъул автоколоннайин. Кьвагьиялъул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо.