Америкаялъул президент Барак Обамаца ва Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмерон кIудияб гIагали загьир гьабуна Сириялда гражаданияб халкъалде данде химикияб ярагъ хIалтIизабун батизе бегьиялда сверун информациялда.
Шамат къоялда Обама дандчIван вукIана жиндирго аслиял гIакълучагIигун ва гьес телефоналдасан бухьен ккун букIана Кэмеронгун. Британиялъул премьерасул канцеляриялъги лъазабуна Сириялда химикияб ярагъ хIалтIизабун батиялда сверун Лондонгун Вашингтоналъул рахIат хун букIиналъул.
Сириялъул нухмалъиялъ нахъ чIвалел руго гьел гIайибал ва нус-нус ракълилав чи хвеялъул гIайиб гьез рехулеб буго рагъулаб оппозициялде тIаде.
«ГIурхъаби лъаларел тохтурзаби» абулеб халкъазда гьоркьосеб рахIмуялъул идараялъул баяназда рекъон, араб арбагI къоялда Дамаскалъул азарханаялде «нейротоксикозалъул» гIаламаталгун щвезарурал чагIазда гьоркьосан 355 чи хун вуго.