22 августалда Пачалихъалъул байрахъалъул къоялъ Москваялда тlобитlана оппозициялъул митинг. Гьеб хурхараб букlана демократиял къуватаз ГКЧП-ялда тlад бергьенлъи босиялда. "8 сентябралда нилъ бергьине рес буго 1991 соналъул Августалъул лъабго дарс босани,-ян абуна «Солидарность» коалиционияб Шураялъул секретарь Михаил Шнейдерица ва тlадеги жубана-Цолъараб халкъалда кlола турараб режим гъоркье рехизе гуребги, рагъулаб къуваталъе дандечlей гьабизеги. Россиялда режим би тlечlогоги хисизе бегьула. Халкъалъ режим хисизе буго гlицlго информациялъул наркотикалдаса инкарги гьабун жиндирго къуваталда божараб мехалда!"