Мисралъул прокурорас кьун буго улкаялъул президентлъун вукIарав Хосни Мубарак туснахъалъуса эркен гьавизе санкция. Гьедин лъазабун буго низам цIунулел идарабаз мисралъул информалатазе. 30 соналъ улкаялъе нухмалъи гьабулев вукIарав 85 сон барав Мубаракица туснахъалъуб бана кIигогун бащдаб сон гIанасеб заман. Гьанже гьев вукIине вуго жиндирго резиденциялда рокъосел шартIазда жанив тIамун.