Ссылки для упрощенного доступа

Нью-Йоркалда хIалтIизе байбихьулеб буго «Аль-Джазира Америка» телеканалалъ


«Аль-Джазира» компаниялъул цIиял харбазул сордо-къоялъулаб телеканалалъ хIалтIизе байбихьулеб буго Америкаялда. Гьелда ракIалда буго улкаялъул бищунго машгьурал информациониял телеканалазе конкуренция гьабизе.
«Аль-Джазира Америка» абулеб цIияб проект гIуцIун буго «Current TV» абулеб кабелалъулаб каналалъул кьучIалда. «Аль-Джазираялъ» гьеб бичун босун букIун буго гьаб соналъул авалалда Америкаялъул вице-президентлъун вукIарав Альберт Горихъа 500 млн.долларалде. «Аль-Джазира Америкаялъ» цо сагIаталда жаниб рекламаялъул анлъго минута гурони кьезе гьечIо, Америкалъул цIиял харбазул аслиял каналаз кьола кIиго нухалда цIикIкIун реклама.
«Аль-Джазира» - ккола Катараялъул Дохаялда аслияб офис бугеб халкъазда гьоркьосеб телекомпания. Гьеб гIуцIун букIана Катаралъул эмирасул амруялда рекъон 1996 соналда. Эмирас гьеб мурадалъе биччан букIана 130 млн. доллар. Америкаялда гьеб каналалъул аудитория 50 млн. чиясде бахине рес буго.
XS
SM
MD
LG