15 августалъул къалъуде щвезегIан блогосфераялда тIадеялдаса тIаде хIалуцунеб букIана гьесул бакIалда сенатор Иляс ГIумаханов толев вукIиналъул харбал.
Гьедин блогерал рикьана ГIабдулатIиповасул рахъ кколездегун ГIумахановасул рахъкколезде.
Цинги къалъуда баянлъана Россиялъул президент Путиница къабулги гьавун ГIабдулатIипов Дагъистаналде тIадвуссуневлъи.
Путиница къабул гьавунгутIи ГIабдулатIиповасе лъикIаб хабар гурин абулеб букIана цо-цо блогераз.
Щайин абуни хадувккун республикаялъул нухмалъиялда хутIунгутIизе рес бугила гьесул.
Гьедин Путинилгун ГIабдулатIиповасул дандчIвай ккун хадуб Василав Василов абурав блогерас хъвана валидолалъул бакIалда гьанже шампанское гьекъезе бугилан.
Гьединго фейсбукалда цояс лъуна лезгинка кьурдулаго бахъараб Рамазан ГIабдулатIиповасул суратги.
Россиялъул президентас къабул гьавун хадуб Рамазан ГIабдулатIиповас МахIачхъалаялда журналистазе кьураб пресс-конференциялда хадубги гIезегIан халкколеб бугоан блогосфераялда.
Жиндир хъулухъалда сверухъ интернеталда загьир гьарурал пикрабазда бан ГIабдулатIиповас абуна гIадамазул ихтияр бугин бокьа-бокьараб пикру загьир гьабизе, щивав чиясул батIи-батIияб букIунин гьеб. Масала, Москваялде воржиналде цеве аэропорталда гIодов чIарав жинца халгьабулеб букIанила лъица щибдай хъвалеб бугоян.
Рамазан ГIабдулатIипов: «ГIабдулатIипов, гьа, къо-мех лъикI гьанже дуе!» абун хъвалеб бугоан цояс. Цогидав блогерас хъвалеб бугоан: «ГIабдулатIипов, бихьинчи! КъвакIун чIа!» абун. Жинди-жиндир бербалагьиги пикруги букIинарищха. ЦIакъ сабру гьабун чIезе ккола гьединаб мехалда».
Кин батаниги, гIадамазе лъазе бокьун бугин ГIабдулатIипов президентлъун вукIине вугищ, гьечIищалиян гьикъидал, журналистазе гьес гьадин жаваб кьуна.
Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьеб буго Россиялъул Федерациялъул президентасул къасдалдаги, Единая Россия партиялъул къасдалдаги, дагъистанияз дир рахъкквеялдаги бараб жо. Гьединго бараб буго Аллагьасул къасдалдаги».
Москваялъул омоналде дагъистаниял росулел рукIиналъул баянги буго интернеталда. Жеги тIубан гьелъул хIакъикъат лъаларо. Амма гьеб тIибитIизабун буго darkhon ва aloban абурал блогераз.
Гьезул тIоцевесев хIалтIулев рагIула Москваялъул ОМОНалда. Гьенив вугев цо хIакимчияс абун бугила нусго проценталъул гарантия кьезеги кIоларин, амма Москваялъул ОМОНалъул нухмалъулес лъазабунила гьенире Дагъистаналдаса гIолохъаби росизе ругилан.
Щайин абуни гьезул тIокIлъи кколила сверухъ ругездехун адаб букIинги, лъикIаб тарбия щун букIинги, сабру букIинги.
Иш гьедин ккани, гьелъ кутакалда гIадамазул ццим бахъинабизе бугин, омонги халкъги тушбабилъун ккезе ругин, гIемер биги тIолин рикIкIунеб буго aloban абулев блогерас.
Гьеб хабаралъ лъикIаб асар гьабулеб бугоан Дагъистаналъул блогосфераялъе. Нагагь командир къваригIани, Москваялда хъарпузал ричулеб бакIалда полициялъул хIалтIухъанасул бетIер бекарав ГIандиса МухIамадги вачейин махсара гьабулеб буго гьениб.
Амма иш махсараялдалъун лъугIунгутIи бичIчIизабулеб буго Ольга Акимова абулей блогералъ.
Гьелъ ракIалде щвезарулел руго Путинида дандечIун Москваялда тIоритIулел митингал.
Гьенире рахъарал гIадамаздехун бакIалъул ОМОНалъулаз лъикIаб бербалагьи бугин, гьезул бакIалда дагъистаниял тани, митингчагIи гьез ракI-ракIалъ рухизе ругин рикIкIунеб буго Ольга Акимовалъ.
Гьез гьел рухизе ругин лъабго гIиллаялъе гIоло – улкаялда лъугьунеб ахIвал-хIал бичIчIунгутIиялъ, омоналда хIалтIун лъикIаб харж щолеб букIиналъ, гьединго кавказияздагун гIурусазда гьоркьоб рокьукълъи букIиналъ.
Акимовалъул рагIабазда рекъон, щиб кканигиян абун, Чачаналдаса ОМОН некIого рагIула Москваялда чIун. Гьанже гьезда тIаде дагъистанияздаса гIуцIараб ОМОНги ахIун ракIалда батилин Путинида жиндирго низам цIунизеян хъвалеб буго блогералъ.
«Дикая дивизия» абун Дагъистаналъул рагъухъабаздаса гIуцIараб гьединабго къокъа Россиялда пачаясул заманалдаги букIанин ракIалде щвезабулеб буго дагъистанияз.
Дагъистаналдаса ОМОНалъул къокъа гьединго Ханты-Мансийскалъул автономияб мухъалдаги гIуцIиялъул баян тIибитIун букIана гьаб анкьалда.
БакIалъул журналистазда мекъи ричIчIун руго Ханты-Мансийскалда вугев Дагъистаналъул диаспораялъул нухмалъулесул рагIаби.
БакIалъул гIадамазулгун дагIба-рагIи ккараб бакIалда маслихIаталъе хехлъи гьабун тIаде щолел мобильныял къокъаби гIуцIизе кколин абун букIун буго гьес.
Журналистаз тIаде жубан буго кодобе ярагъги кьурал Дагъистаналъул спортсменаздаса къокъаби гIуцIулел ругин Зубаировасилан.
Кин букIаниги, Россиялъул регионазда гIумру гьабулеб гIадамазулгун дагъистаниязул дагIба-къецалъе ахир лъезе квербакъи Дагъистаналъул диаспорабаз гьабулин рикIкIунеб буго цо-цо блогераз.
Амма цогидаз абулеб буго мукъсанал харжазда тIаса магъалабиги кьун щиб гьабизе тарал чагIийин полициялъул хIалтIухъаби, гьединаб дагIба-рагIи кьалде сверизабизе биччалеб бугони.
Дагъистаналъул блогеразул гьединго рахIатхвезабулеб бугоан «Анжиялдаса» футболистал нахъе унел рукIиналъги, Шамалдагун Мисралда рагъал гьоркьор къотIунгутIиялъги.