Ссылки для упрощенного доступа

ГIизраилалъ жеги 900 рукъ базехъин буго палестиниязул ракьалда


Палестинаялъул тIадегIанаб даражаялъул вакил Ясир Абед Раббоца лъазабуна, оккупациялда гъоркь ругел ракьазда ГIизраилалъ жугьутIазе рукъзал рай халат бахъине бугони цIигIуцIарал кIирахъалъулал бухьенал нахъеги гьоркьоса къотIизе ругин.

Талат къоялъ баянлъана ГIизраилалъул тIадтараз гьабураб хIукму – палестиниязул ракьазда жеги 900 рукъ базе бугин абураб.

ГIизраилалъулгун Палестиниязул кIалъа-басаял цIигьариялда хурхараб къотIи гьабун букIана Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрил гьоркьохъанлъиялдалъун.

Палестинияздехун вуссун Керрица абуна ГIизраилалъ гьабураб хIукмуялда жиндирго разилъи гьечIолъи бихьизабиялдаса инкар гьабеян абун.
XS
SM
MD
LG