Ссылки для упрощенного доступа

Блогеразул даптар. Август, 5-10


Гьаб анкьалда Дагъистаналдаса блогераз республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасда хъинтIарал хъвай-хъвагIаял рахъана жидерго интернет-даптаразда.

Питна-гьусигун рихха-хочи баккана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасул командаялда гъорлъилан хъвалеб буго жиндирго блогалда адвокат Расул Кадиевас.

Араб анкьалда dag-news.com сайталда баккана информация, Москваялда вугев ГIабдулатIипов Россиялъул президент Владимир Путиница къабул гьабулев гьечIилан. Гьединго гьеб сайталда хъван буго, Дагъистаналъул нухмалъиялъул тах-бакI бокьаразги балагьулеб бугин Путингун дандчIвай.

Сайт dag-news.com ГIабдулатIиповасул васасул бугилан хъвалеб буго Кадиевас. Гьелдалъун бичIулеб гьечIо, гьеб сайталда щай баккараб цебе рехсараб информация.

Кадиевас жиндирго интернет-даптаралдаса бицунеб буго, жиндихъ бугеб хабаралда рекъон, ГIабдулатIиповгун дандчIван вугилан Путин.

«Гьенир гьоркьор лъун руго кадровияб политикаялъул суалал, бюджеталъул масъалаби. Гьел тIураялъе ГIабдулатIиповас гьабулеб хIалтIудаса разилъанин Путин», - илан хъвалеб буго Кадиевас.

«Цогидаб информациялда рекъон, Путиница ГIабдулатIиповасул хIалтIуе лъикIаб къимат кьечIо. Гьелдалъун гьеб дандчIваялда сверун мукъсанаб гурони информация гьечIо», - илан хъвалеб буго Кадиевас.

Гьесул рагIабазда рекъон, гьелъ батила питна-гьусигун рихха-хочи баккун ГIабдулатIиповасул командаялда гъорлъ. «Гьел хIинкъун руго ГIабдулатIипов нухмалъиялдаса вахъилин.

Гьелдалъун батила гьез 24 августалда ГIабдулатIиповасул рахъ ккураб митинг гьабизе», - ян хъвалеб буго Кадиевас.

ГIабдулатIипов нухмалъиялдаса вахъулев вугин баккараб информациялдаса жиндирго пикру загьир гьабуна блогер Нариман ХIажиевасги. Гьес хъваралда рекъон, Путиница ГIабдулатIипов къабул гьавун вуго, амма гьесул хIалтIи цIакъ квешаб хIалалде ккун бугилан абун буго.

ХIажиевасул пикруялда рекъон, бащдаб лъагIелалда жаниб гIабдулатIиповас гьабураб хIалтIуе квешаб гурони къимат кьезе бегьуларо.

Гьес хъвалеб буго чIара гьечIого тIуразе кколел кIвар бугел суалазул программа Дагъистаналъул нухмалъулес босун бугин республика цебетIеялъул стратегиялъул программаялдасаилан.

«Бихьулеб буго кадровияб политика щиб жо бугебали ГIабдулатIиповасда лъалеб гьечIо. Гьесул команда бугиланги абизе бегьуларо. Хъулухъал ричиялъул хIужжабиги гIемерлъана.

Цере рукIарал Дагъистаналъул нухмалъулез ГIабдулатIиповас гIадин киназдаго лъаледухъ жидерго лъимал ва гIагарлъиялъиялдаса чагIи пачалихъиял хъулухъазда тIамичIо», - илан хъвалеб буго блогер ХIажиевас.

Блогерасул пикруялда рекъон Дагъистаналда миллиял дандечIеял раккине бегьила гIагараб заманалда, гьединго гIемерлъана терроралъула такъсирал. Блогерас хъвалеб буго, цеве вукIарав премьер-министр Меджид Меджидовас нахъе унаго абунин «Гьаб гизмаялда гIахьаллъизе жиндие бокьун гьечIо», - ян. ГIабдулатIиповас жинцаго кьолел рагIабазда тIад ургъизе кколин, рикIкIунеб буго блоггерас.

Бизнес-чи ХIусен Халилулаевас абуна Эркенлъи радиоялъе ГIабдулатIиповас вачIаравго хIукуматалде цIиял чагIи рачине кколел рукIанин.

«Кавказская политика» сайталда бугеб жиндирго блогалда «Миллат» газеталъул редактор МухIамад БисавгIалиевас хъвалеб буго Рамазан ГIабдулатIиповасул щибаб цевевахъин тIубараб лъугьа-бахъинлъун къабул гьабулин республикаялдаилан.

«Дагъистаниязе бокьана президентас бицунебщинаб, гIадамазе вокьана жидерго мацIалда кIалъалев чи. Гьес абуна гIадамалда цеве вахъун халкъгун тIалъиялда гьоркьоб кIудияб кIкIал бугин – «Халкъгун хъулухъчагIи тагIзияталда гурони дандчIвалел гьечIо Дагъистаналда» - ян.

Нилъее гьеб рекIее гIуна, нилъедаго гьеб президентас абичIониги лъалеб бугониги. Гьес абуна киналго цере рукIарал нухмалъулез хIаракат бахъанин жидедаго батараб цIогьгун, ришватчилъиялъул нухмалъиялда рекъон хIалтIизе, гьеб хисизабизе кколеб бакIалда.

Жинца гьеб хисизабизе бугин, гьебги бокьана нилъее. Гьес абуна жинца гIолохъаналги, лъай бугелги, рацIцIадалги чагIи ралагьулел ругин», - илан хъвалеб буго авторас.

Гьес хъваралда рекъон, дагъистаниязул хьул бижана гIумру ва республика хисилин. «Нилъее хIажат букIана гьеб кинабго президентасдаса рагIизе.

РагIана нилъеда гьеб кинабго, бокьана нилъее гьес бицунебщинаб, амма руго суалал кигIан халкъалъ президентасул адаб гьабуниги нилъее баян щоларел, ричIчIизе захIматал.

Президентас ахираб 15 соналда жаниб кадрабиги гIезаричIин, хъулухъазда тIамизе бегьулев чиго ватулев гьечIоян абураб жо бичIчIизе захIмалъулеб буго. Гьелдасаги гIадамазе бокьулеб гьечIо тIамизе чагIи гьечIолъиялда бан нахъойги гъолго чагIи хъулухъазда таралго», - ян хъвалеб буго блогерас.

Гьес хъаралда рекъон, президент гьез сверун ккун вуго. «Щал гьел? Гьел руго лъикIаб лъайги щвечIел, нухмалъиги лъаларел, хIабургъарал 90 абилезда чIвай-хъвеялъул, бикъа-хъамиялъул ва ришват-цIогьалъул базаралдаса тIалъиялде рачIарал чагIи.

Гьез ричун росана дол соназда министразул хъулухъалги, мэразул тахбакIалги, депутатазул мандаталги. Гьез гIуцIана жакъа ГIабдулатIиповас щибаб данделъиялда бадибчIвай гьабулеб «феодалияб Дагъистан».

Гьез нухда регIулев вуго щивав президент ва дандчIвай гьабулеб буго цIиясда», - илан хъвалеб буго «Кавказская политика» сайталда бугеб жиндирго блогалда «Миллат» газеталъул редактор МухIамад БисавгIалиевас.

Гьесул пикруялда рекъон, жакъа гьелго, жидер такъсирал цо уголовияб ишазул томалда жанир гьунарел чагIаз сверун ккун вуго ГIабдулатIиповги. «Гьезухъ балагьун бижулеб буго пикру Дагъистаналъул ва дагъистаниязул хIакъалъулъ.

Гьел чагIаз тункана нилъер ватIан жакъа президентас абулел «гьоркьохъел гIасрабазде ва феодализмаялде», - ян хъвалеб буго авторас.

Амма буго батIияб Дагъистан ва батIиял гIадамалгиилан, рикIкIунеб буго гьес. «Гьеб Дагъистан ва гьелъул гIадамал цIакъ рикIкIад руго ХъахIаб рукъ сверун къараб чалиялдаса ва живго президентасдаса.

Гьел руго рацIцIадал, лъай бугел, нечарал ва намусал дагъистаниял. Гьел киданиги хадур лъугьунаро президентасда, гьесул гьудулзабазда ва сверухъ рукIунел чагIазда.

Гьезие бокьун буго президентас абулеб щинаб жо гIумруялде бахине, гьел урхъун руго гьес бицунеб цIияб ва бацIцIадаб Дагъистаналъухъ.

Гьел рухIдаллъун ва хIайранго гIенеккун рукIуна президентас жакъасеб Дагъистаналъул ва гьабизе кколелъул бицунеб мехалда.

Гьез рахъ ккола гьесул, амма гьел киданиги дандчIваларо ва дандчIвазе ресги гьечIо», - ян хъвалеб буго БисавгIалиевас.

Гьесул пикруялда рекъон, гьездагун президентасда гьоркьоб буго хIехIелчагIазги, цIогьазги, лъавукъаб ва хъантIараб агьлуялъ лъураб бахине кIолареб гIурхъи, хасго араб анкьалъ тIадруссун хъулухъалда тарал хIакимзабаздаса гIуцIараб.

«Гьел хIакимазе хIажат гьечIо хиси ва цIилъи, жалго къараб хьуцIцIилъ Дагъистанги «гъоркьа – ратIа, тIасан – бох» гIелмуялъ данде рачун руго. ХIажат бугищ гьединаб нухмалъи президентасе ва Дагъистаналъеян абураб суал хутIулеб буго рагьараблъун», - хъвалеб буго авторас.

Инсанасул ихтиярал цIунулев ГIисалмухIамад Набиевас абуна Эркенлъи радиоялъе Дагъистаналъул цо-цо хIакимаз ГIабдулатIиповасул хIалтIуе квал-квал гьабулеб бугин.

ГIабдулатIиповасул хIалтIуе къимат кьезе жеги заман щун гьечIилан рикIунеб буго блогер ИсмагIил МухIамадовас.

Гьесул пикруялда рекъон, ГIабдулатIиповасе критика гьабулезда бихьулеб гьечIо цо гъалатI, рехсарал масъалаби кин тIуразе бегьулебян хъвалеб гьечIо гьез.

«Мисалалъе, ГIабдулатIиповасул кадровияб политика какулез щай бицунареб гьеб политика кинаб букIине кколебали. РакIалде кколеб буго лъикIал хиса-басиязда ралагьун гьечIо цо-цоял, гьезие рокьун руго ГIабдулатIиповасул гъалатIал», - илан хъвалеб буго блоггерас.

Къого соналда жаниб Дагъистаналда рукIана бикъа-хъами ва чIвайгун ришватчилъи гурони бичIуларел чагIиилан хъвалеб буго ИсмагIиловас.

«Гьел чагIигун хIалтIизе ккун вуго ГIабдулатIипов. Гьесул гIайиб гьечIо бидулъ кверал ругел хIакималгун кадровияб политика гьабизе ккей.

Амма гьес жинда кIвараб жоги гьабулеб буго. Ругел масъалабазул бицунеб буго, гьел тIураялъе нухал ралагьулел руго», - илан хъвалеб буго авторас.
XS
SM
MD
LG