Росдал-магIишаталъул министерлъиялдаса къокъа щвана Хьаргаби мухъалда бугеб КIикIуни росулъ. Гьениб гьез халгьабуна консервазул завод кин хIалтIулеб бугебали.
Заводалъул вакилаз бицана гьенир ричалел ругин чанги батIиял нигIматал. Мисалалъе, гIечалъул, куракалъул, томаталъул сок, урбеч.
Заводалда гIагарда ругел ахаздаги щвана министерлъиялдаса делегация. Экскурсия лъугьун хадуб, Харгаби мухъалъул администрациялда ахихъанлъиялда хъинтIараб данделъи тIобитIана.
Данделъиялда бицана ахирисеб 10 соналда жаниб ахазул гектаразул къадар лъабго нухалъ дагьлъанин Дагъистаналдаилан.
Ахалгун цадахъ дагьлъана консервазул заводалги. Жакъа республикаялда лъабго-ункъго гурони консервазул завод гьечIилан, бицана данделъиялда. Дагъистаналъул вице-премьер Шарип Шариповас бицана ахихъанлъи цебетIезабиялъе республикаялда хасаб программа цебетIезабулеб бугин.
Гьеб программаялда рекъон, ахазул гектарал ункъго нухалъ цIикIкIизе ккола 2016 сон щвезегIан. Гьединго консервазул заводазул хIалтIи билъинабизеги тIубалеб буго хасаб программа.
«Амма гьел программаби тIуралго дандечIолел руго чанги масъалабиги», - илан абуна Шариповас. Руго гьадинал суалал: заводазда ричалел консервал кин ва кире ричилел, кин гьел цIунилел.
ТIадежоялъе консервал гьарулел заводазда хIалтIизабулеб технология цIилъизабизе рес щолеб гьечIо.
РосдалмагIишат цебетIезабиялъул министерлъиялъул нухмалъулев Федоровас Дагъистаналъул хIакимазе чанги гIакълу кьуна. Мисалалъе, гьес абуна заводазда ричалел нигIматал ричизе бегьулин республикаялда ругел азарханабазде, школазде.
Амма ричалел нигIматалги лъикIал рукIине кколин абуна министрас. Гьевгун разилъана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповги. Гьес абуна рыноказул экономикаялъул къануназдалъун хIалтIизе кколин жакъаилан.
«ЛъикIал нигIматал ричалел ругони, гьезул багьаги хирияб гьечIони, школазги, азарханабазги, ясли-ахазги, цогидал социалиял идарабазги росизе руго гьел нигIматал», - илан абуна ГIабдулатIиповас.
МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялдаги агро-промышленнияб комплексалъул суалал рорхана.
Дагъистаналъул росдал магIишаталда масъалаби гурони гьечIилан абуна Федоровас.
Гьес абуна гIи-боцIиялъул къадар Россиялъул регионазда гьоркьосан бищун гIемер бугин Дагъистаналдаилан, ахирисел соназда 20% цIикIкIана республикаялда гIи-боцIи, амма щолеб квасалъул къадар цо проценталъ гурони цIикIкIичIо.
«Республикаялда гIумру гьабулел гIадамазул 60% росабалъ руго. Росдал магIищат цебетIеялда бан букIуна гьезул гIумруги, ахIвал-хIалги», - илан абуна Федоровас.
Гьесул рагIабазда рекъон, Дагъистаналда чара гьечIого тIуразе ккола ракьал цIуниялъул суалал. Рехун тарал цоял ракьал хъархъаз ккун руго, цогидал цIамхIаллъун ругилан абуна министрас. Гьединго ракьазда лъим бачиялъул ай мелиорациялъул суалал тIуразе кколин абуна гьес.
Россиялъул росдал магIишаталъул министерлъиялъул хурдул гIезариялъул департаменталъул нухмалъулев Петр Чекмаревас абуна исана улкаялда ролъалул 95 миллион тонн бакIаризе къасд бугин.
«Шималияб Кавказалъул регионазда ролъ бакIариялъул хIалтIаби лъугьун руго, гьениб ролъалул 7 миллион тонн бакIарана ва гьеб 7 милион тонналдаса Дагъистаналда бакIарана 148 азарго тонна. Шималияб Кавказалда бищун дагь ролъ бакIарун буго Дагъистаналда», - илан абуна Чекмаревас.
Пихъ-овощал ракIариялъул рахъалъан Дагъистаналъул лъикIал хIасилал ругониги, гьенирги руго тIуразе кколел суалал. Мисалалъе, кире гьел ричилел.
Чекмаревас абуна Дагъистаналда росдал магIишат цебетIезабизе бегьулин хъапустаналъул хьонги бахъун.
Петр Чекмарев: «Хъапустаналъул хьон бахъулеб лъабго зона буго жакъа дуниялалда. Италия, Австралия ва Дагъистан. Италиягун Австралиялъул буго цо кIудияб масъала – гьез ракьал хвезарун руго батIи-батIиял химикатаз ва гьезул хьоназда абизе бегьуларо экологиялъул рахъалдасан рацIадал ругин.
Дагъистаналда гьечIо гьединаб масъала. Хьоназул цо тоннаялъул гьоркьохъеб багьа буго 25 миллион гъурущ. ЦохIо Россиялда жиб-жиб соналъ къваригIуна хъапустаналъул хьоналъул 40 тонна.
Щай Дагъистаналда гьеб суалалъе кIвар кьолеб гьечIеб. «Щай нуж Дагъистаналде унарел хьоналъул индустрия цебетIезабизе», - ян гьикъиндал москваялда ругел бизнесменазда, гьез жаваб кьуна республикаялда бизнес гьабизе хIинкъи бугилан».
Росдал магIишат цебетIезабулаго хIинкъи гьечIолъиялъул суалалги тIуразе кколилан абуна Чекмаревас ахиралда.