Ссылки для упрощенного доступа

«Анжиялда» сверун хIаял


"Анжиялъул" фанатал.
"Анжиялъул" фанатал.

«Анжиялъул» футболистал ричулел руго ва футболияб клубалъул бюджет дагьлъизабулеб буго – гьединаб хабар баккана 6 августалда къаси. Нахъисеб къоялда лъана гьеб хабар уяб букIин.

Командаялъул директоразул шураялъул нухмалъулев Константин Ремчуковас лъазабуна «Анжиялъул» санайил бюджет 50-70 миллион долларалдаса цIикIараб букIине гьечIилан ва клубалъул гIемерисел хириял футболистал ричизе ругин.

Гьединго Ремчуковас жиндирго твиттералдаса лъазабуна футболияб командалъул тренерлъун вукIине вугин ХIажи ХIажиев.

Директоразул шураялдаса Герман Ткаченкоца журналистазе абуна «Анжиялъул» гьанжеги рес бугин цIиял бергьенлъаби росизе.

Керимовас хIукму къотIана клубалда хиса-басиял гьаризеилан бицана Ткаченкоца.

Гьес абуралда рекъон, гьанже рукIине ругел клубалъул шартIал Россиялъул премьер-лигаялдаса бащдал клубазул гьечIо. «ЦIияб стадион, футболалъул академия, чIезабураб бюджет, махщел ва лъай бугев тренер – гьединал шартIал рукIине руго клубалъул», - илан бицана Ткаченкоца.

Гьединаб хIукму къотIиялъе чанги гIилла букIанилан абуна Ткаченкоца. Кинал гIиллаби рукIаралали гьес мухIкан гьабичIо.

Керимовасул сахлъиялъе заралккей аслияб гIиллалъун букIанин абуна Ремчуковас. «Клубалъул ахирисел хIаялги рихьун Керимов бакI батизе кIоларого вукIана. Тохтураз абуна гьесда сахлъиялъе хIинкъи бугеб ахIвал-хIал бугилан гьесул», - ян бицана Ремчуковас.

«Анжи» Керимовас тезе гьечIилан абуна Ремчуковас. Гьесул рагIабазда рекъон, олигархасе бокьун буго клуб батIияб нухдасан бергьенлъабазде бачине.
Клубалъул сайталда хъван буго, иргадулаб сезоналда рукIарал командаялъул хIаялги хIисабалде росун, клубалъул нухмалъиялъ «Анжи» цебетIезабиялъе цIияб стратегия ургъанин.

Клубалъул лъазабиялда рекъон, гIемерисел футболистал «Анжиялъ» ричизе гьечIо, амма цIиял росулел мехалда хирияб багьаги кьезе гьечIо. «Анжиялъул» академиялда гIезеризе ругин цIиял футболисталилан лъазабулеб буго командаялъул нухмалъиялъ официялияб сайталдасан.

Экспертаз абуралда рекъон, «Анжи» Керимовасухъе щун хадуб, гьес командаялда тIад хвезабуна 230 миллион евро. Гьеб гIарцул цIикIкIараб къадар ана багьаял футболистал росиялъе.

Игорь Денисов, Владимир Габулов, Александр Кокорин ва Юрий Жирков – гьел футболистал тIоцере нахъе ине ругин «Анжиялдаса» илан хъвалеб буго «Спорт-Экспресс» газеталъ.

«Анжиялъул» вакил Хайбат Муслимовалъ бицана «Эркенлъи» радиоялъе, клубалда цIилъаби рачиналъе кинал гIиллаби рукIине бегьулелян.
пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:01:14 0:00
Загрузить файл

Анжиялъул» футболистал ричиялда тIаса интернеталда батIи-батIиял махсароби раккана. Лъазабиял лъолеб Россиялда бищун машгьураб «Авито» сайталда баккана кIиго лъазаби: «Анжиялъул» футболистал – Одил АхIмадов ва Ласина Траоре – ричулел ругин. Гьел лъазабиял лъурав чиясул цIарлъун хъван буго Сулейман.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG