Туркиялъул генералияб штабалъул вукIарав бетIер Илькер Башбуг гIумруялъго жаниве тIамизе хIукму гьабун буго гьеб улкаялъул диваналъ.
Итни къоялъ лъазабухъе пачалихъияб хиса-свери хIадур гьабиялде шаклъи букIарав 21 чи ритIухъ гьавун вугоан махIкамаялъ.
ГIаммаб къадаралда жавабчилъиялде цIан вуго 270 чи. Гьезда гъорлъ – юристал, гIалимзаби, журналистал ва аскариял.
Гьезде гIунтIизабураб гIайиб - "Эргенекон" абулеб террористикияб гIуцIиялда гIахьаллъи гьаби ва гьанжесев премьер-министр Ражаб ТIайгьиб Эрдогьан тIаса рехизе късд гьаби.
Туркиялъул оппозициялъ гьединал гIайибал ургъунго лъазарулаллъун рикIкIунел руго.