Ссылки для упрощенного доступа

Афгъанистаналда зулму цΙикΙкΙунеб буго


2013 соналъул анлъго моцΙида жаниб тунка-гΙусиязул, терактазул ва тΙадекΙанцΙиязул хΙассилалда холел гражданиял гΙадамазул къадар Афгъанистаналда бихьулеб къагΙидаялда тΙаде ана.

Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабулеб буго арбагΙ къоялда загьир гьабураб Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул докладалда. Январалдаса июналде щвезегΙан Афгъанистаналда, экспертазул хΙисабалда, хвана 1300-ялдасанги цΙикΙкΙун гΙадатияв чи. Зарал ккун буго 2500-гΙан чиясе.

Цебесеб соналъул гьединабго заманалде данде ккун гьеб къадар цΙикΙкΙун буго ункъго бутΙаялдаса цо бутΙаялъ.

ГΙемерисел афгъаниял хун руго яргъид гΙуцΙарал тΙаде кΙанцΙиялъул хΙассилалда. ГΙадамал хвеялъул кΙиабилеб багьана хурхараб буго экстремистаздаги хΙукуматалъул къуватаздаги гьоркьор унел тунка-гΙусиязда.

Цебесеб моцΙалдаса байбихьун улкаялда хΙинкъигьечΙолъиялъул жавабчилъи тΙад буго афгъанистаналъул армиялда ва полициялда. Хадусеб соналъул ахиралде щвезегΙан Афгъанистаналдаса нахъе ине ккола НАТОялъул къуватазул аслияб бутΙа.
XS
SM
MD
LG