Дагъистаналда жугьутIазул дин хIалтIизе байбихьаралдаса гьеб кколеб буго гьеб диналъул вакилзабазде квер борхиялъул тIоцебесеб хIужа. Щив вукIине бегьулеб гьеб такъсиралда нахъ.
Дербенталъул синагогалъул нухмалъулев ИсхIакъов Артур лъукъун вуго 24 июлалъул къаси сагIат цо тIубараб гIадаб гIужалъ. Жиндирго рукъалде аскIове щолаго кьвагьун буго гьесде такъсирчагIаз. Гьесда лъураб ругъун гIезегIан захIматаб кколилан тохтурзабаз, амма гьесул гIумруялъе гьабсагIат хIинкъи гьечIин.
Гьеб мухъалда ругел жугьутIазул жамгIияталъ лъазабухъе лъукъарасде тIадекIанцIи гьабуразул лъабго чи вукIун вуго. Лъилгунниги жеги дагIба-рагIи карав чи вукIинчIин гьевилан абулеб буго гьев лъалев вукIараз. Насраниялгун ва бусурбабигун гьесул лъикIал гьоркьорлъаби рукIанин.
Дагъистаналда гьеб тIоцебесеб такъсир кколеб буго жугьутIазул диналъул вакиласда хурхун гьабураб.
Экспертаз лъабго батIияб пикру загьир гьабулеб буго гьеб такъсиралда хурхун. Гьеб букIине бегьулин криминалияб такъсирлъун, политикияб мурадалда гьабураб тIадекIанцIи, гьединго экстремистазул хIалтIилъунги.
Исламиял цIех-рехал гьарулеб централъул нухмалъулев Гереев Русланица абулеб буго битIараб бицани лъаларин гьезда гьоркьоса кисаб аслияблъун рехселебалицин.
Такъсир гьабураб куцалъухъ балагьун хIисаб гьабуни гьеб релълъараб гьечIин рохьилазул пишаялда, амма гьезул хIалтIи гьеб букIинеги бегьулин.
Гьединго абулеб бугин гьениб гьоркьоб гIарцуда хурхараб гIала-гъважаги бугилан, цодагьаб цебе гIадин лъугIун буго Дербенталда бугеб аслияб синагогалъул мина къачIаялъул хIалтIи, амма гьеб хIужаги такъсир гьабиялъе гIураб гIиллалъун бихьулеб гьечIо Гереевасда.
Политологас пикруялда рекъон политикиял мурадазе гIололъун гьабураб такъсир букIинеги бегьулин гьебилан абураб пикруялъги аслияб бакI кквезе бегьула гьениб.
Республикаялъул хIукуматалда жанир кколел ругел кIуди-кIудиял хиса-басиязул кьучIалда жамгIияталда гьоркьоб ахIвал-хIалуцинабизелъун гьабураб такъсир букIинеги бегьулин гьебилан.
МахIачхъалаялда бугеб жугьутIазул жамгIияб гIуцIиялъул вакил Дибияев Шимица абулеб буго санаде рахинчIел лъималаз гьабураб такъсиралда релълъунеб бугин гьебилан
Шими Дибияев: «Дун цIакъ гIажаиблъизавун гьеб хабаралъ. 40 соналда жаниб гьеб тIоцебесеб такъсир ккола жугьутIзул диналде квер борхараб.
Гьениве ине бокьун букIна дие хабар лъарабго, амма вачиIне кколарин гьев рокъове вачун паракъат гьавун вугилан абуна дида гьесул гIага-божараз. Метер дугIа-алхIамалъул къоги буго гьениве ина дун.
Дида кколеб буго гьеб такъсир гьабурал чагIи кIудиял чагIи гьечIин, хIалбихьи бугел чагIи рукIарални гьез чIвачIого тезе вукIинчIо гьев, амма гьесда лъураб ругъун хвалилаб гьечIо»
ЖугьутIазул диниял гIуцIабазул цIакъ рахIат хвезабун бугин гьеб хабаралъилан абулеб буго интеренталда. Гьеб гIуцIиялъул вакилзабаз ГIизраилалда тохтурзаби тIад ругеб хасаб аэроплан битIулеб бугин Дагъистаналдеян абурабги баян кьуна информ алатаз къватIибе.
ЖугьутIазул россиялда вугеб бищун кIудияб цевехъан Берл Лазарица улкаялъул нухмалъиялдаса тIалаб гьабулеб бугеб кигIан кIваниги хехго гьеб такъсир гьабурал чагIи ратеян.
Диванцин гьабичIого тIуранго ракьалдаса тIагIинаризе кколин гьелилан кьварараб лъазаби кьуна гьес интернеталдасан.