МахIачхъалаялда гьел ана дармилабгун ралъдал порталде, хадуб МахIачхъалаялъул аэропорталъул бицана хIукуматалъул данделъиялда. Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас разилъи гьечIолъи загьир гьабуна федералиял идарабаз МахIачхъалаялъул портги аэропортги къачIай хадуб бехъерхъизабулеб букIиналдаса.
Москваялдаса гьалбалги Дагъистаналъул нухмалъулелги цин МахIачхъалаялъул дармилабгун ралъдал порталде щвана. Порталъул нухмалъулев МухIамад ХIажиевас гьезие бицана гъоркьисала гьенисан баччанин къайи-цIаялъул 6 млн тонна.
ГIемерисеб мехалда баччулеб буго нарт, тIощел, цемент. Амма цебеялда дандеккун, чIегIераб металл баччи дагьлъун буго. Гьелъие гIилла рагIула гIарцул къварилъи букIун Ираналъ гьеб металл гьанже дагь гурони босунгутIи. Гьединго Казахстаналъги учуз гьабун рагIула Ираналде унеб къайи маххул нухдасан баччаралъухъ кьолеб гIарцул багьа.
Къайидулги цIун МахIачхъалаялъул дармилабгун ралъдал порталдасан гуми аслияб куцалда Ираналде унел руго. Республикаялъул бюджеталде рачIунел магъалабазул къадар I20 млн гъурущ ккола. Гъоркьисала порталъ гьабураб хайир бащалъулеб буго 75 млн гъурщида.
Порт цIигьабизе биччараб гIарацги буго Россиялъул хIукуматалъ. Амма цо-цо идарабазул хIалтIулъ яги къануназулъ хиса-басиял ккун, хIукуматалъ порталъе биччараб гIарац жеги харж гьабичIого хутIулеб буго.
Гьединго гIезегIан соназ халатбахъунеб буго МахIачхъалаялъул порталъе приватизация гьабиялъул суалги.
Хадуб бицана авиациялъулги. 20 соналъ цебегицин Дагъистаналда букIанин I5 аэродром. Гьанже цохIо гурони хутIун гьечIила. Гьесул рагIабазда рекъон, Шималияб Кавказалда гьаваялдасан рорженал гьаризе пачалихъалъул бюджеталдасан субсидиял кьезе хIукму гьабун буго церегIан къоязда Россиялъул хIукуматалъ.
Гьедин моцIалъ цебе Татарстаналъул авиакомпаниялъги байбихьана МахIачхъалаялдагун Ставрополь, Краснодар, Ростов мухъазда гьоркьор рорженал гьаризе.
Советияб заманалда гьарулел рорженал цIи гьарун руго гьеб компаниялъ.
Халкъазда гьоркьосеб аэропорталъул даражаялъулин цIар букIаниги, МахIачхъалаялъул аэропорталда квегIенлъаби ва шартIал гьечIин дагIба бала гIемерисез.
Гьелъие жаваб кьуна гьаваялъул транспорталъул рахъалъ Россиялда гIуцIараб агентлъиялъул хъулухъчи Анатолий Пчелиница. 2020 соналде щвезегIан гIуцIараб хасаб программа бугила, гьениб хIисабалде босун бугила МахIачхъалаялъул аэропорт цебетIеялъе 2,8 млрд гъурущ биччазе.
Гьениб гIемер хабар ккана аэропорталъул реконструкциялда тIасан. Цереккун проекталда рихьизаризе кколаанилан, улкаялъул транспорталъул министерлъиялъ инкар гьабулеб буго цо-цо хIалтIаби гьаруралъухъ гIарац биччазе. Гьединго аэропорт къачIаялъул иш нухда хутIулеб буго Дагъистаналъул рахъалдасан гьабулареб кумекалъги.
Анатолий Пчелин: «Аслияб гIилла ккола аэропорталъе субдисиял риччаялъул рахъалъ республикаялъулги кумек гьечIолъи».
ПалхIасил, цояз цогидазде тIамун хIалтIи чIун хутIизехъин букIин бихьулеб бугин жиндаян хIасил гьабуна ахиралда республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьедин балагьун чIезе заман гьечIила Дагъистаналъул, щайин абуни церетIеялъул рахъалъ Россиялда 80-абилел бакIазда хутIун ругила жал.
Рамазан ГIабдулатIипов: «Аэропорталда бараб цо кинабалиго мина кинабалиго бакIалда бан букIунилан, реконструкция щай халатбахъинабизе кколеб? ГIиси-бикъинаб жоялда бан багьанаби щай ратулел?
Нужеда, федералиял идарабазда гьениб цойиде кинабго жоги ккезабун, проекталги рахъун, иш цебехун бачине бажарулеб батичIони, нижецаго балагьун гIарацгун гьабила гьениб хIалтIи. ГIадатияб аэропортги гурелъул кколеб МахIачхъалаялъул аэропорт.
Гьеб ккола Россиялъул Федерациялъул мурадал цIунулеб аэропорт. Нагагьлъун цо къо бачIани гьелъул кумек хIажатаб, букIине кколеб куцалда хIалтIун бажаричIони, гьелъул жаваб лъица кьезе бугеб?
Гьединго 15 – 20 соналъ кин бицине бегьулеб МахIачхъалаялъул порталъе приватизация гьабиялъул? Нужеца гьаниб бицана гьеб порталъе реконструкция гьабиялъулги. ХIукуматалъ гьелъие реконструкция щай гьабизе кколеб, гьелдаса хадуб гьелъие приватизация гьабулеб бугони?
Хехлъи гьбаун гьел суалал цоийде ккезаре нужеца. Гурони 31 къоялъ дун дандчIвазе вуго президент Путингун. Дица гьесда абизе ккезехъин буго федералиял идарабаз церего гIадин, гьанжеги хIурудахъ риччалел ругин Дагъистан Республикаялъул проектал абун».
Аэропорталъеги дармилабгун ралъдал порталъеги нухлулаб карта гIуцIизе тIадкъай кьуна Москваялдаса хIакимзабазе Рамазан ГIабдулатIиповас.