Ссылки для упрощенного доступа

НАТОялъул солдат чIваялда щаклъи бугев афгъаназул солдат лъутун вуго туснахъалъуса


Итни къоялда Афгъанистаналъул нухмалъиялъ лъазабуна Кандагар провинциялда бугеб лъикIго цIунараб туснахъалъуса лъутун вугин гьев солдатин.
Гьеб регионалда рагъулазул бетIер генерал ГIабдул ХIамидица абуна гьев солдат лъутизе кумек гьабун бугин туснахъалъул хъаравулаз ва гьел жалгоги лъутун ругин. ХIамидил рагIабазда рекъон, гьез гьев туснахъалъуса къватIиве вачун вуго хехго азарханаялде щвезавизе кколинги абун. Афгъаназул солдат жанив тIамун вукIана 9 июлалда къватIисел улкабазул аскаразде кьвагьдеялда щаклъи ккун. ЧIван вукIана Словакиялдаса цо аскарияв ва лъукъун вукIана анлъгояв. Гьеб лъугьа-бахъиналъ цIидасан бижизабулеб буго тIасияб соналда НАТО нахъе араб мехалда хIинкъигьечIолъи цIуниялъул суал тIаде босизе бугел афгъаназул къуватазул махщалил суал.
XS
SM
MD
LG