Ссылки для упрощенного доступа

Каиралда чΙван руго Мурсил рахъ кколел


Каиралда тΙаса рехарав мисралъул президент МохΙамад Мурсил рахъ ккураз гΙодор чΙараб акция Республикаялъул гвардиялъул минаялда аскΙоб тΙобитΙулеб мехалда хун вуго бищун дагь босун 40 чи, 300-ялдаса цΙикΙкΙун лъукъунги вуго. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна Мисралъул сахлъи цΙуниялъул министерлъиялъ. Мисралъул армиялъул бутΙруз лъазабуна, демонстрантазде кьвагьданин «яргъид гΙуцΙарал террористалин». Гьелда цебе гьел тΙадекΙанцΙун рукΙанин Мурси ккун чΙезавун вугеб Республикаялъул гвардиялъул рагъулаб базаялдеян. Рагъулазул лъазабиялда рекъон, гьелъул хΙасилалда хун вуго цо рагъулав.

ДПА агенлъиялъул лъазабиялда рекъон, казармабазул штурм гьабизе хΙалбихьиялъул гΙайиб гΙунтΙизабун аресталде гъоркье восун вуго 200-гΙанав чи.

«Бусурбаби-вацал» багъа-башариялъ жидерго рахъ ккурал хвеялъул гΙайиб гΙунтΙизабулеб буго улкаялъул рагъул къуватазде.

Республикаялъул гвардиялъул минаялда аскΙоб ккаралда бан протеста загьир гьабун, Мурси тΙаса рехиялъул рахъ ккураб радикаляил исламистазул «Аль-Нур» партиялъ лъазабуна, цΙияб хΙукумат гΙуцΙиялда сверун кΙалъа-басаязда гΙахьаллъиялдаса инкар гьабулеб букΙиналъул хΙакъалъулъ.
XS
SM
MD
LG