Хважалмахи росуцоязда гьоркьоб дандечIей бугеблъи лъана гьаб соналъул март моцIалда. Дагъистаналдаса блогераз интернет-даптараздаса тIибитIизабуна 33 хважалмахисесул цIар рехсараб сияхI.
Гьеб сияхIалда гъорлъ ругел киналго кколаан салафияллъун. СияхIалдаса щуго чи чIвана апрелалда – гьел такъсирал рагьун гьечIо жеги.
Хважалмахи росдал нухмалъулев АхIмад ГIумаровас абуна Эркенлъи радияолъе доб сияхI кколин питначилъун.
Лъие гьеб питначилъи къваригIун бугеб илан гъикъиндал, ГIумаровас къокъаб жаваб кьуна: «Лъаларо, дагьалищ гьеб бокьарал ругел?».
Амма кин-букIаниги, ахирисеб заманалда салафиязул чанги хъизаналъ тун буго Хважалмахи, цогидал росабалъе гочун руго гьел.
Хважалмахи росулъ ругел жидер минабазда жаниб дружинниказ 2 июлалда низам хвезабун бугин бицана салафиязул цояв Ибрагьим ХIусеновас. Гьесул рагIабазда рекъон, минабазда жаниса бикъун буго багьяаб къайи-матахI.
Дружинниказул къокъаби Дагъистаналда раккана гъоркьисала. Шейх Саид-Афанди чIван хадув ХIинкъигьечIлъиялъул шураялъ хIукму гьабуна чIахIиял росабалъ ва шагьаразда дружинниказул къокъаби гIуцIизе.
Дагъистаналъул хIукуматалъ лъазабуна, дружинниказухъ кодоб ярагъги букIине гьечIин ва терроралде данде чIарал тадбираздаги гьел гIахьаллъиралин.
Хважалмахи росулъ ругел дружинниказухъ ярагъ букIанин, абулеб буго росулъа гочарал салафияз. Гьезул рагIаби уял рукIин бихьизабулеб буго цодагьалъ цебе росулъ ккараб лъугьа-бахъиналъ. ХIакимзаби жанир ругел автомобилалде кьвагьдон буго дружинниказул цояс.
ЧIухь базе автомобиль чIезабеян гьариялда шоферас гIинтIимичIолъиялъ кьвагьданин дружинникасилан бицана Эркенлъи радиоялъе жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда.
Дружинникасул цIар лъазабун буго полициялъулас ва гьесда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьизе бугилан тIаде жубана пресс-хъулухъалда.
Дружинниказ росулъ полициялъулазул хIалтIи гьабулеб бугин, абуна Эркенлъи радиоялъе Хважалмахиса гочарав салафияс. Гьесул рагIабазда рекъон, марталда тIобитIараб росуцоязул данделъиялда рохьилазул гIагараздаги салафияздаги абун буго Хважалмахиса нахъе инчIони гьезие рахIат тезе гьечIин.
Хважалмахи росулъ бугеб гьеб масъала тIубаялъе хIукуматалъ хIаракатбахъулеб гьечIилан рикIунеб буго «Дагъистаналъул улбул» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ.
Светлана ГIисаева: «ДандечIей байбихьанин абизе бегьула. Росуцоязда гьоркьоб рагъ унеб буго. БичIулеб гьечIо, кир ралагьун ругел низам цIунулел. Щай хIукуматалъ хIаракатбахъулеб гьечIеб Хважалахиб бугеб хIалуцараб ахIвал-хIал чучинабизе?
Дружинниказухъ кодоб ярагъ щай бичараб? БичIулеб буго, гIадамал хIинкъун ругеллъи, амма гIадатиял гIадамазухъ кодоб ярагъги кьун, нужго нужецаго цIунеиланги абун гьел тезе бегьуларо.
Цодагьалъ цебе гьезул къокъаги кьвагьдеязда гъорлъ ккана. Щивниги гьенив хвечIо, амма гьединал лъугьа-бахъинал такрарлъиларинищ кколеб бугеб. Росулъ баккараб гьеб масъала тIубачIони, нилъеда рахьила чIварал дружинникалги, гьезул рухIарал рукъзалги».
Хважалмахи росдал нухмалъулев АхIмад ГIумаровас абуна Эркенлъи радиоялъе, росулъ низам цIунулезул къадар цIикIинабун бугин. Гьесул рагIабазда рекъон, Хважалмахи росулъ ругел дружинниказда лъазабун буго ярагъгун кодоб къватIире рахъугеян.
«Амма жив-живасул хал ккун хадур гъоларо», - илан тIадеги жубана ГIумаровас.
Дружинниказул цоясни телефоналдаса абуна Эркенлъи радиоялъе ярагъги гьечIого низам цIунизе кин бегьулебали жинда лъаларин. «БатIияб нух гьечIо терроралде данде къеркьеялъе, автоматалъулгун зулмудал гурони мацI бичIуларел гIадамал ругел мехалъ», - илан абуна дружинникас.