Оппозиционияв блогер Алексей Навальныясе туснахъалъул анлъго сон кьеян тIалаб гьабулеб буго прокуратураялъ. Прокуратураялъ гьесдаса зарал бецIун миллион гъурущги тIалаб гьабулеб буго.
Киров шагьаралъул диванаханаялъ Навальный цебего хIалтIулев вукIарав «Кировлес» компаниялда цIогь гьабиялъул ишалда сверун хIукму къотIизе буго 18 июлалда.
Навальныяс абуна жинда тIад гьабулеб диваналъул процессалда бачинчIин жинда гIунтIизабулеб гIайиб бихьизабулеб цониги далилин.