Ссылки для упрощенного доступа

Рохьилазул кумекчагIи – Дагъистаналъул хIакимазда гъорлъ


ХIижабалъул масъала, хIакимзабазулги рохьилазулги бухьенал, МахIачхъалаялда хIалуцунеб ахIвал-хIал – гьел суалал рорхана терроралде дандечIараб Комитеталъул данделъиялда.

Школазде хIижаб ретIун хьвадизе гьукъиялъ жамгIияталда гъоркьоб хIалуцин баккизабизе бегьулаян абуна данделъиялда МахIачхъалаялъул джума-мажгиталъул имам МухIамадрасул СагIадуевас.

Гьединго гьес рикIунеб буго ясал школазде ричачIогоги чIезе ругин цо-цо диниял хъизанал илан. Гьелдалъун гьес гьарана дагъистаналъул нухмалъулесда хIижабалъул суалалъе киналго разияб нух батизе хIаракат бахъеян.

Имамасул гьари рекIее гIуна Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатипIовасе. Гьес абуна лъайкьеялъул ва маданияталъул министерлъабаздаги динияб идараялдаги жинца тIадкъанин цоцазе гIакълу кьун школьнияб формадул проект гьабеян. «Киналго разияб нух батизеги бегьула ва батизеги ккола.

Мисалалъе, гьитIинаб кIаз щай бегьулареб формаялда гьорлъ букIине? ЦIалдохъаналъ бокьани гьеб ретIила, бокьичIони ретIиларо», - илан абуна Дагъистаналъул нухмалъулес.

Шамалда унел рагъулал дандечIеязда 200 дагъистанияв гIахьаллъулев вугилан бицана данделъиялда Федералияб хасаб хъулухъалъул ай ФСБялъул нухмалулъев Андрей Кониница.

Гьесул рагIабазда рекъон гIолилал унел руго Шамалде оппозициялъул рахъккун рагъизе. Руго гьезда гъорлъ чIваралги, руго нухда ругелги илан бицана Кониница.

Гьединго гьес борхана цойги кIвар бугеб суал: дагъистаналъул хIакимазулги рохьилазулги бухьенал. Изну гьечIого яргъид гIуцIараз гIарацги хIалтIизабун республиякаялъул хIукуматалде жидерго чагIи къазарулел руго илан бицана Кониница.

ФСБялъ цIех-рех гьабулеб буго гьел хIакимзаби ратизеян абуна Кониница ва тIаде жубана рохьилаз жеги гIарац хIалтIизабулеб бугин минаби росизеги автомобилал росизеги.

ФСБялъул информациялда рекъон, изну гьечIого яргъид гIуцIараз гIадамал рикъун, бизнесменалгун политикал хIинкъизарун, гIадамал чIван бакIарулеб буго гIарац.

Марталда Семендералда чIварав Ибрагьим ХIажидадаевасул къокъаялъе цере рехсарал такъсирал гьарун долларазул чанги миллион щванилан абуна данделъиялда Кониница.

Гьес гьединго абуна рохьилаз хIинкъаби кьун гIарац бахъулел бизнесменал полициялде унгутIиялъги цебетIезабулеб бугин Дагъистаналда террор.

Республикаялъул нухмалъулесни лъазабуна хIакимазда рохьилалгун бухьенал ругелги гьезие кумек гьарулелги ратизаризе ругилан. Семендералда тIобитIараб хасаб операция мисаллъунги бачун, ГIабдулатIиповас абуна, сверухъ ккун рукIарал рохьилал эркен гьариялъе кумек гьабулеб букIанин Халкъияб мажлисалъул депутатазги мухъалъулал депутатазги.

РакIалде щвезабила, 20 марталда МахIачхъалаялъул Семендер поселокалда чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул щугояв. Гьел хвасар гьаризеян лъугьун рукIарал хIакимазда хурхун хасал цIех-рехал унел ругин абуна ГIабдулатIиповас.

МахIачхъалаялда бугеб оперативияб ахIвал-хIал букIана данделъиялда борхараб аслияб суаллъун. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулев ГIабдурашид МухIамадовас абуна МахIачхъалаялда рохьилазул 500 кумекчи вугин.

Гьел кумекчагIазда гъорлъ ратулел руго гIадамазда цере террор какун кIалъалел, амма рохьилазул рахъкколел чагIи илан абуна МухIамадовас.

ГIабдулатIиповас абуна жамгIияталъги кумек гьабизе кколин полициялъулазе. Амма руго цо-цо жамгIиял гIуцIиял экстремизм цIикIинабулел илан тIаде жубана республикаялъул нухмалъулес.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Цо-цо мехалда гIемерисел жамгIиял гIуцIияз экстремизм цебетIезабула шагьаралъул сверухълъиги тун. Гьел гIуцIиял хIалтIулел руго сектабигун фанатизм цIикIинариялъе гIоло. Гьелдалъун жамгIияталъ жинцагоги хIаракатбахъине ккола ругел масъалаби тIуразе. КIвар бугеб масъалалъун жакъа ккола экстремизм».

Амма жамгIияталъул кумек батIи-батIияб букIунеблъи бихьизабуна гьал къоязда Лаваша мухъалъул Хажалмахи росулъ карал лъугьа-бахъиназ. ЖамгIиял дружинниказ росулъа гочарал салафиязул минабазда жаниб низам хвезабун бугин бицана журналистазе Хажалмахиса жиндирго цIар тIатинабизе бокьичIев цояс.

Гьесул рагIабазда рекъон, дружинниказ лъазабун буго салафиязда росулъан нахъе инчIони гьезие рахIат тезе гьечIин. Салафизул цIарал рехсарал хасаб сияхIги букIун буго тIибитIизабун росулъ.

Гьеб сияхIалда рехсарав лъабго-ункъго чи чIвана Хажалмахив, амма полициялъулаз мухIканлъи кьечIо гьел такъсиразулъ гIайиб бугищали дружинниказул.

Гьединго дружинникал гьал къоязда цогидаб гъалмагъиралда гъорлъги ккана. ХIакимзаби жанир ругел автомобилалде кьвагьдон буго дружинниказул цояс. ЧIухь базе автомобиль чIезабеян гьариялда шоферас гIинтIимичIолъиялъ кьвагьданин дружинникасилан бицана Эркенлъи радиоялъе жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда.

Дружинникасул цIар лъазабун буго полициялъулас ва гьесда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьизе бугилан тIаде жубана пресс-хъулухъалда.
XS
SM
MD
LG