Ссылки для упрощенного доступа

Армиялда куцарав дагъистаниясул хIинкъи лъие бугеб?


Оренбург икълималъул Тоцкий абулеб рагъулаб гарнизоналда хъулухъ гьабулел цо-цо дагъистаниял. 2009 сон
Оренбург икълималъул Тоцкий абулеб рагъулаб гарнизоналда хъулухъ гьабулел цо-цо дагъистаниял. 2009 сон

Россиялъул армиялде гIолилал ахIиялъул тадбир рагIалде бахъунеб буго. Кинавниги ихдал рагъулаб хъулухъ тIубазе исана ахIун вуго 153 азарго гIанасев чи. Амма гьабнухалъги Дагъистаналдаса гьенире ритIулел чагIазул къадар дагь гьабун буго.

Ахирисеб халкъалъул хъвай-хъвагIай гьабиялъул хIасилазда рекъон лъабго миллион чи вугеб Дагъистаналъе 800 чи гурони витIичIого тей гьеб нилъ хIакъир гьари гIадаб жо кколилан абулеб буго Дагъистаналъул рагъулаб комиссариаталъул нухмалъулев МустIафаев Даитбегица.

Дандекквеялъе мадугьалихъ бугеб Ставрополь икълималдаса кIиго миллионгун бащадав гурони чи гьечIеб регионалдаса армиялде ахIаразул къадар Дагъистаналде дандеккун щуго нухалъ кIудияб буго.

БатIи-батIиял гIиллабазда бан хъулухъ гьабиялдаса махIрум гьарурал чагIи малъичIого сахал, базалиял, ватIаналда цебе тIадаб борч тIубан бажарулел гIолохъабазул 25 азаргоялдаса бахъараб 30 азаргоялде щвезегIан чи вугин жакъа республикаялдаян абулеб буго Дагъистаналъул рагъулав коммиссариаталъул нухмалъулес.

Амма армиялде ахIулезул квота щаялиго 800 чиясде щвезегIан гурони цIикIкIинабун гьечIин, хьул бугин хадусел соназдагIаги гьеб къадар ункъо-щуго азаргоялде щвезегIан цIикIкIинилан. Мисалалъе араб хасалил призывалде дандеккуни ункъогIаги нухалъ цIикIкIун буго исана рагъулаб хъулухъ тIубазе ахIулел дагъистаниязул къадар.

Гьедин 2012 соналъул хасалихъе рагъулаб хъулухъ тIубазе дагъистаналдаса ахIун вуго 120 чи, амма хIакъикъаталдайин абуни хIисабалде босун букIараб къадар 200 чи вукIанин, бичIчIуларин щай гьеб къадар дагь гьабурабилан рази гьечIого вукIана доб мехалъги Дагъистаналъул рагъулав комиссар МустIафаев Даитбег.

«Россиялъул солдатазул улбул» абураб гIуцIиялъул вакил Мельникова Валентинаги рази гьечIо Кавкзалъул республикабаздаса гIолилазул къадар дагь гьабулеб букIиналдаса.

ХIисаб гьабейин армиялде витIизе бегьулеб ригьалде щварав гIолиласда цин абулеб бугин мун витIизе вугин хъулухъ гьабизе ва гьале хъулухъ тIубазе витIулеб къо щваравго ма, цинадаго лъазабулеб буго витIизе гьечIин мунилан.

Щибха ккараб, кинаб букIараб гIилла гьев витIичIого тезе?

Гьеб хIужаялъ гIолиласул хадусеб гIумруялъе сангар къараб гIадаб хIисаб кколеб буго. Гьесда кIоларо сах-саламатаб хIалтIуде лъугьине, гьев восуларо сахаб тIадегIанаб цIалул идараялде.

Россиялъулаз гIочIол тIогьиб чIвалеб хIужа бугин дагъистанияз хъулухъ гьабулеб бакIалда гIадлу-низам хварал мисалал рихьизаруле ругилан.

Гьел хIужаби кидаго рукIанин советияб заманалдаго, амма гьеб гьедигIанго тIад пикру хIалтIизабизе ккараб хIужа гурилан рикIкIунеб буго Афгъанстаналда хъулухъ гьабулел рукIарал дагъистаниязул жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Хадулаев Шамилица.

Мисалъе 800 гурев 1600-2000 чиясде швезегIан цIикIкIинабуниги армиялде ритIулел дагъистаниязул къадар 100 азаргояладсаги цIикIкIун хъулухъ гьабуле ругел гIурусазе гьедигIанасеб къадаралъул дагъистанияз кIудияб къварилъи гьабизе кIоларилан рикIкIунеб буго Шамилица. РакIбацIцIадго хъулухъ гьабизе бокьарал гIолохъабиги дагьал гьечIин Дагъистаналдаян бицана гьес Эркенлъи радиоялъе.

Хадулаев Шамиль: «Дида гIемерал лъала хIужаби Дагъистаналдаса чанги гIолилал Россиялъул батIи-батIиял шагьаразде ун армиялде хъулухъ гьабизе арал. Гьединал хIужаби гIемерал руго. Кьолеб гIарцуда барахщичIого гьез нух балагьулеб буго жидеего рагъулаб билет щвезе.

Гьезул эбел-инсуе бокьун буго жидерго лъималаз хъулухъ гьабизе, щайгурелъул рагъулаб билет щвечIони гьезие щвезе гьечIо сах-саламатаб хIалтIи, хIалтIиги гьечIого вугев чияда абуни Дагъистаналда кIудияб къо бихьула.

Гьаз абулеб буго дагъистанияз армиялда гIадлу хварал хIужаби гьарулел ругилан, амма гьелдасаги квешаб къисмат ккезе бегьула гьесул армиялде витIичIого тани.

ХIалтIиги гьечIев гIарацги гьечIев гьес нух бахъула рохьобе. Республикаялда щибниги хIалтIи гьабулеб гьечIо гIолилазда гьоркьоб ватIан цIунизе ккеялъул ва гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьезе ккеялъул политикаялда жаниб. Гьелде кIвар кьолеб гьечIо лъицаниги».

Дагъистаниял армиялде ахIичIого теялъе гьединаб цо загьираб гIилла бихьулеб гьечIин жиндаян абулеб буго Хадулаевас. Жинда кколеб бугин гьениб россиялъул тIадчагIазул цо бахчараб политика бугилан.

Армиялдеги ахIун жидецаго кодоб ярагъ кодоб кквезе ругьунги гьарун, хадур жидедаго данде рагъизе бегьулин кавказалъулал абураб пикруялдаса хIинкъулел ругин гьел киналго.
XS
SM
MD
LG