Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутат Абрамкина Маринаца лъазабуна Дагъистаналда хIалтIулел 130 батIи-батIиял цIалул идарабазул филиалазул гIемерисез цIакъго хашаб лъай кьолеб бугилан.
ГIагараб заманалда гьел цIалул идарабазул халгьаби букIине буго ва гьелда рекъон гьезул 80% къазе бегьулаян абуна «Цолъараб Россия» партиялъул вакилалъ.
«Гьаб цо гьитIинаб республикаялъе гьелгощинал цIалул идараби цIакъ гIемер руго, гьенире цIализе унел чагIи гьечIого, рищунго хашаб лъай бугел росулел руго цIализе», - ян абуна гьелъ «Риа Новостиялъе».
Гьединго депутаталъ абуна «Цолъараб Россия» партиялъ гьабураб мониторингалда рекъон, Дагъистаналда ругел гIемерисел филиалазул буго федералияб лицензия, амма руго цо-цо кIиго гьитIинаб рокъор ругел цIалул идарабиги, гьезулцин руго федералиял лицензиял. Гьел нахъе росиялъул мурадалда федералиял цIалул идарабазде хитIаб гьабизе бугилан лъазабуна гьелъ.
Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул мугIалим МухIамаддадаев Амирханил пикруялда рекъон, гьеб цебего гьабизе ккараб гали букIана:
МухIамаддадаев Амирхан: «Дида ккола лъикIаб хIалтIи кколин гьеб, щайгурелъул филиалазда цIакъго хашаб гурони лъай кьоларо. Киналго къазе кколарелги ратила. Церегоялдаса нахъе ругел аслияб шуго цIалул идара хутIун, руго жегиги лъикIал цIиял цIалул идараби – Юридическияб академия, Халкъияб магIишаталъул институт ва гь.ц.
Амма филиалал руго батIи-батIиял, Ростовалъул, Санкт-Петербургалъул, Москваялъул ва гьел гурелги, жидеца кьолеб лъаялда щаклъизе бачIунел. Цо-цо, кIи-кIи рукъги, лъаб-лъаб гурони столги гьечIел бакIалги рукIуна. Гьединаб бакIалдаса щолеб лъаялъул даражаги кинабха букIинеб?
ТIадегIанаб лъай кьолеб бугилан гIадамазухъа гIарац боси гурони тIокIаб щибниги мунпагIат гьечIел бакIал руго гьел. Абрамкина Маринаца лъикIаб хIалтIи байбихьун буго, амма гьезде щвезегIан гьеб хIалтIи гьабизе кколеб букIана Лъайкьеялъул министерлъиялъ ва прокуратураялъ».
Ростовалъул пачалихъияб университеталъул МахIачхъалаялда бугеб филиалалъул цIалул бутIаялъул нухмалъулей МухIамадова РахIиматица Эркенлъи радиоялъе бицана жидер филиалалда лъикIаб лъай кьолеб бугин, гьел къазе ккеялда хурхун жинда щибниги лъалеб жо гьечIин.
МухIамадова РахIимат: «2011 соналъ кIицIул нижер цIалул идараялъул халгьабуна Россиялъул лъайкьеялда хадуб хал кколеб идараялъ ва гьелъул хIасилазда рекъон нижер цIалул идараялде дагIба балев чи вукIинчIо. Гьединаб халгьабиялдаса хадуб заман инчIого кIиабизеги гьеб гьабуларо, дида ккола нижехъе щалниги рачIине гьечIин.
Филиалал къаялда хурхун Россиялъул лъайкьеялъул министерлъиялъул буго хасаб программа, гьелда рекъон 2015 соналде щвезегIан 50 проценталъ филиалал къазе ккола ялъуни цогидалгун данде гьарун кIодо гьаризе ккола. ГьабсагIаталда нижер хIалтIуе квал-квал гьечIо ва халгьабиял гьечIо».
Цо-цо жамгIиял хIаракатчагIазул пикруялда рекъон, филиалал къаялъ къотIнор хутIизе руго гIолилал ва хIинкъи буго гьел изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кьеразулъе ккеялда. Амма цогидазул пикруялда рекъон, хашаб лъайкьеялъул системаялъ тIадеги гьенире гъезеги бегьула, щайгурелъул гьединаб ахIвал-хIалалда «рохьилазул» пропаганда гьезда битIараблъун бихьизе бегьула.
Россиялъул лъайкьеялъул министерлъиялъул нухмалъулев Ливанов Алексейил нухмалъиялда гъоркь араб соналъул ноябралда тIубараб улкаялдаго тIобитIана лъайкьеялъул системаялъул мониторинг.
Гьелда рекъон 136 аслияб цIалул идараялъул ва 450 филиалалъул хIалтIи хашаблъун рикIкIана. ГIаммаб къагIидаялъ гьеб мониторингалда гIахьаллъи гьабуна 541 пачалихъияб цIалул идараялъ ва 994 филиалалъ.