Пакистаналда мина жаниб букIараб автомашина кьвагьизабиялъул хIасилалда хун вуго 14 ва лъукъун вуго 25 чи. Гьеб лъугьа-бахъин ккун буго гьатIан къоялда Пешеваралъул сверухълъиялда. Рагъулал унеб нухда гьабураб гьеб кьвагьиялъ зарал гьабун буго сверухъ рукIарал автомашинабазеги, тукабазеги. Тухтурзабаз абулеб буго лъукъаразда гьоркьор кIиго лъимерги цо чIужугIаданги ругин. Кьвагьиялъул жвабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо.