Каиралда ва Мисралъул цоги шагьаразда президент МухIамад Мурсица инаугурация гьабун лъагIараб къо 30 июналда тIоритIулел рукIана гьев хъулухъалдаса ин ва цIиял рищиял тIалаб гьабулел акциял.
Гьесул оппонентаз рикIкIунеб буго Мисралда цере ругел экономикиял ва хIинкъигьечIолъи цIуниялъул проблемаби рагIалде рахъинаризе бажарулеб гьечIин Мурсидайин.
«Нахъе а!»-ян ахIулеб букIана Каир бакьулъ бугеб Тахрир майданалде вакIарарав аза-азар чияс. Нус-нус активистас цебесеб сордо рогьун букIана гьеб майданалда. Акциял унел рукIана Александрия, Порт-Саид , Суэц ва цоги шагьаразда.
Мурси нухмалъиялде вачIун вукIана «Вацал-бусурбаби» абулеб исламияб багъа-башариялъул кумекалдалъун. ГIемерал соназ улкаялъе бетIерлъи гьабулев вукIарав Хосни Мубарак рехун хадуб улкаялда тIоритIарал тIоцересел демократиял рищиязда бергьун вукIана гьев.
Оппозициялъул пикруялда, улкаялда реформаби гьаризе кколеб бакIалда Мурсица исламистазул позициял щула гьарулел ругин.