Азербайджаналъул президент Ильгьам ГΙалиевас нахъ чΙвалеб буго жиндир улкаялда политикиял туснахъал рукΙин.
Рузман къоялда Брюсселалда кΙалъалаго, гьес лъазабуна рагΙул ва инфоралатазул эркенлъи хвезабулеб бугин ва политикиял оппонентал туснахъазда ккун ругин абурал лъазабиял гьересиял ругин. Гьес гьединго жубана гьаб соналъул октябралда рагьарал эркенал президентасул рищиял тΙориΙтиялъе улкаялда киналго шартΙал ругин.
Ильгьам ГΙалиевасда аскΙовго эхетун вукΙарав Еврокомиссиялъул бетΙер Жозе Мануэль Баррозуца лъазабуна, инсанасул ихтиярал цΙуниялъул суал ва ахΙвал-хΙал европаялъул стандартазде тΙуранго данде кколел гьечΙин, амма Совет Союз биххин хадуб позитивиял хиса-басиял лъугьун рукΙиналъул абизе кколин.
ГΙалиевасги Баррозуцаги гΙемер комментариял гьаруна Азербайджаналъулгун Евроцолъиялъул энергетикияб хΙинкъигьечΙолъиялъул сфераялда рукΙине бегьулел гьоркьорлъабазда хурхарал.