Украиналъул миллияб цолъиялъ гIурус миллаталъул гIолохъаназде ахIи балеб буго гьел мархьабазде рачIеян абун. Кьолел руго батIи-батIиял контактал. Мархьабазда гIолохъаби ругьунлъизехъин ругин полициялде ва ФСБ-ялде гьабизе бегьулеб гражданияб къеркьеялъул, агитациялъул ва пропагандаялъул къагIидабазе, оперативияб хIалтIуе ва цогидал ишазе.
Сундуе гIоло Украиналъул миллатчагIи гьадинаб жигаргун цере рахъарал? Нижеца бухьен гьабуна Приволжье икълималда бугеб регионалиял ва миллатазулгун диниял суалазул цIех-рех гьабулеб Централъул бетIер Раис Сулеймановгун. Гьес гьадин бичIчIизабуна.
Раис Сулайманов: «Гьеб ккола украинияб кIудияб шовинизмалъул идея. Гьелъул мурад буго Россиягун мадугIаллихъ бугел жанубиял регионазе цIикIкIараб асар гьаби ва гьелдалъун КIудияб Украина абулеб пачалихъ бай.
Украиналъул миллатчагIазул картабазда Краснодар, Ростов, Брянск, Воронеж, Белгород икълимал гьединаб ургъараб пачалихъалде гъорлъе журан руго. Гьеб жиндирго план тIубай мурадалда рехсарал регионаздаса гIолохъанал гIурусал ахIулел руго Ураинаялда гIуцIизехъин ругел батIи батIиял семинаразде ва конференциязде.
Доба лекциялги цIалун, пропагандаги гьабун гьезда тIад украиналъул миллияб хаслъи чIезабизе ракIалда буго гъозул. Хадур гьел Украинаялдаруссинаризе, Москваялде, Федералияб Централде данде чIезарун ва региониялияб сепаратизм бижизабун».
УНА-УНСО абулеб Украиналъул миллатчагIазул багъа-бачариялъул вукIарав гIахьалчи жиндир заманалда Россиялъул аскариязде данде Чачан республикаялда вагъулев вукIарав гьанже «Вацлъи» абулеб Украиналъул партиялъул цевехъаунлъун кколев Дмитрий Корчинскияс «Facebook» абулеб сайталда бугеб жиндирго интернет-даптаралда лъазабуна Дон, Терек, Кубань ва Черноземье абулел бакIал Россиялдаса кватIичIого ратIалъизе ругин.
ГIурусазул Автономиялъул мархьи абулеб тадбир гIуцIаразул цояв Украиналъул Миллияб Цолъиялъул рагъулав референт Олег Полтавскияс нижер программаялъе гьадин бичIчIизабуна бицен унеб бугеб хIаракатчилъиялъул аслияб мурад:
Олег Полтавский: «Гьаб территориялда гIумру гьабулеб буго миллияб ва этникияб рахъалъ нижее гIагарал гIадамаз. Ай - Дон гIурул ва Кубань гIурул рагIаллъиялда ругел хъазахъал ва Причерноземье абулеб икълималда ругел славянал. Гьединлъидал нижее бокьилаан гьел нижее гIагарал гIадамазул гIумру цебетIезаби.
Жакъасеб Россиялда жалго гIурусал ккола политикалъ гъоркьлъалие босараю ва бищун захIматаб хIалалда бугеб миллатлъун. Нижеда бихьула гIурусазде бараб Кремлалъул бербалагьиялъул квешлъи.
Чияр улкабазда гIурусазул ихтиярал жидеца цIунулел ругин абулаго, жибго Россиялда гIурусазул ихтияразул расги тIалаб-агъаз гьабулеб гьечIо тIалъиялъ. Гьел хIакъир гьарулел руго, ва цогидал этникиял къукъабазде данде ккун гIурусал рихьизарулел руго пайда гьечIел гIадамал хIисабалда».
Бегьулиш гьеб хIаракатчилъи гIицIго политикияб утопиялъун, чIобогояб анищлъун рикIкIине? ГьечIони кигIан кIудияб хIинкъи гьелъ Россиялъе кьолеб?
Гьединаб суалалъе жаваб кьолаго Раис Сулаймановас ракIалде швезабуна чергессазул проблема.
Раис Сулейманов: «Буго цо чанго мисал гьадинаб регионалияб сепаратизмалъул мурад тIубазабун букIиналъе. РачIезин балагьизе - масала чергесазул ишкал.
Ахирисеб щуго соналда жаниб чергесазул суал ккана Шималияб Кавказалда Россиялъ хIалтIизабулеб политикаялъе кIудияб квал-кваллъун. Шуго соналъ цебе гьеб суал гьадинабго схемаялдалъун хIалтIизабулеб букIана байбихьудасанго.
Гъабардагун-Балкариялдаса, Гъарачайгун-Чергессиялдаса, Адыгеялдаса гIолохъаби ахIулел рукIана гьадиналго семинаразде Гуржистаналдеги, Туркиялдеги, Цолъарал Штатаздеги, Европаялъул улкабаздеги. Ва гьезие ракIалде швезабулеб букIана некIо заманалда гьезул умумазе Россиялъ гьабулеб букIараб зулму. Гьедин абулаго гьел гIолохъанал Россиялде данде чIезарулел рукIана.
2011 соналда Тибилисиялъ къабул гьабуна Россиялъ чергесазе геноцид гьабун букIараблъи. Ва гьелдалъун чергессазул суал политикияб хIужалъун ккана».