Ссылки для упрощенного доступа

Дамаскалъул аэропорталде нух къан буго


Дамаскалъул «Меззе» абураб аэропорталда аскΙобехун гьатΙан къоялъул маркΙачΙуда кьвагьизабун буго автомобиль. «Аль- Ихбария» абураб телеканалалъ гьеб хΙужжа хурхинабулеб буго аэропорталде тΙадекΙанцΙизе гьабураб хΙалбихьиялда.

Оппозициялъул активистаз лъазабуна, кьвагьиялда хадуб хΙукуматалъ аэропорталде унел нухал къанин.

Сириялъул инсанасул ихтиярал цΙунулезул къокъаялъул лъазабиялда рекъон, гьеб кьвагьиялъул хΙасилалда хун вуго Ι0 солат, гьедгΙанавго чи лъукъунги вуго.
XS
SM
MD
LG